Четверг, 25.04.2024, 23:06Читайте, комментируйте, спрашивайте.
Главная » Статьи » РЕЛИГИЯ и статьи на аварском

дискуссия Ответ Рамазанову

Х1урматияв Къурамух1аммад-Х1ажи!

(октябрь моц1алъул «Х1акъикъат» газеталда бач1араб иргадулаб дие

хъварал макъалабаздаса  цоялъе, Къ-М. Рамазановасе  жаваб)

 

К1удияб баркала дур жавабалъухъ! Баркала сабруялъухъ ва чамги х1еренал раг1абазухъ. Бит1араб буго, заман хисана, дунял-г1аламго бихха-хочана, зулму ц1ик1к1ана, гьеч1елъурги тушбаби раккана, исламалда данде гьабулеб рагъгун т1адццуй ц1ик1к1ана. Гьебго заманалда, доб нилъеца т1аса реххизе г1амал гьабураб коммунистазул зулму ц1ик1к1араб ва эркенлъаби маххул квераз къараб заманалда данде ккун, диналъеги, инсанасул ихтияразеги г1ат1илъи щвана. Дур рагьараб кагъаталда хъвараб чамги суалалъе жаваб дица Т1агьаевасе кьуна, законалдаги, г1адаталдаги рекъон «Ассаламалъ» гьеб биччаялда дир шаклъи бугониги, такрар гьабиларо. Дуца бугьатаналилан, гьересийилан г1емер такрар гьабулеб буго. Амма киб гьеб гьереси бугеб ва бугьтан лъураб пикру бугеб дида кинго бич1ч1уларо. Г1аммаб х1алалъ ДУМДалъул ва рух1аниязул жамаг1аталда жаниб бугеб ах1вал-х1ал хъвай гуреб, дица хъвараб жо бук1инч1огуриш? Бук1арабги, масала, Шамхалалда жамаг1ат лъабиде дицайиш бикьараб? Би т1еялде ккараб питна Шамхалалъул дибирасда сверухъ ккейги дир г1айибиш? Гьеб дуца хъвалеб устарасул боц1ул суал дидаго раг1а-ракьанде щун бич1ч1ич1олъиялъ гуриш дун г1алимчиясде аск1ове щварав ДУМДалде, гьев г1алимчиясгуриш дие т1ад суал гьеч1еб, «мух1канаб» жаваб кьураб? Гьев г1алимчиги, дуцаго абухъе, дирго г1адаб медициналъул дипломги бугев, исламияб г1елмуялъеги жинда къимат кьезе лъалевин рик1к1унев Ах1мад Т1агьаевин вугев («Устарасул х1амил къадруги къиматги дие дирго васасулалдасаги т1адег1анаб буго» - А. Т1.) Гьебго суалалда дурго баяназда рекъонгицин, г1адамазени кинаб ихтияразул ращалъиялъул бицина – гваялъе цогидазулгун бачараб устарасул х1амидацин цогидал х1амузегун бащадаб гьир лъезе дуца изну кьолеб гьеч1огуриш? Гурони кин бич1ч1инеб – «хIатта устарасул хIайваназулгицин дур рекIелъ хасаб асар букIа» абураб маг1на?

Цоги, лъазе бокьилаан, х1алал-х1арамлъиялъул шаклъи бугин абун цониги мажгиталъ я ДУМД-алъ нахъ ч1вараб садакъа, жакъасеб мац1алда абуни – спонсорлъи. Бугебиш гьединаб х1ужа, батани – щай т1олгоязда лъаледухъ абич1еб – «гьабги гьабги г1иллаялъ пуланав чияс мажгиталъе бач1араб садакъа къабул гьабич1о нижеца ва гьабизеги гьеч1о, гьарула х1алалаб, бац1ц1адаб гуреб маг1ишаталдаса садакъа бегьулареб бук1иналъ, х1арамаб жо хъубаб бук1иналъ, мажгитазе я мискинзабазе садакъалъе х1алалаб гуреб жо кьоге» - абун. Яги, би т1ун щварабги, зулмуялъ бахъарабги, бюджеталдаса т1езабураб пенсионеразулгицин хинк1 садакъалъе бегьулебдай бук1унеб? Т1олго кьолебщинаб садакъа гьединаб бугин хъвалеб гуро дир гьаб, чамги руго бечедал ва ресалда ругел г1адамал, гьебго заманалда цо т1анк1 х1арамаб жоялъул гьеч1ел. Гьересийиш дир кколеб, зулму, макру, х1илла-рек1к1 гьоркьоб бугеб маг1ишаталдаса мажгитазегун ДУМДалъе щолеб спонсорлъи? Квер ккун бихьизабе абун дида абизе бегьила нужоца. Амма те дие ихтияр шаклъизе, гьелъул мунагьалъул гьирги нужоца къаге дида, Аллагьасда цебе дицаго кьезе те дирго жаваб. Дуда к1очониш бугеб, доб нилъ цадахъ х1алт1улеб 1989-90 соназда налогал кьеч1ого рук1инеялъе г1оло, Буйнакскалъул мажгиталъ гьоркьоблъи гьабун чамалиго вагон чогърол бичун бати? Кинал процентал мажгиталъе хут1арал чагъир бичун щвараб г1арцул дида лъаларо, лъазе х1ажатги гьеч1о, амма т1орахь бахъич1ого хут1улеб дарам доб бук1инч1о, гьеб дарам гьабуразги Аллагьасе кьела жаваб. Гьебго заманалда, гьединал ишазул жаваб законалда рекъон гьаб дунялалалда кьуниги квеш бук1инароан.

Г1араб ва ингилис мац1алда ч1ах1ах1арпаз «Бичизе изну гьеч1о!» абун хъварал аза-азар Къуръаналги дицайиш ричарал, диналъул вац? Т1олго дагъистаниязул к1алди гуриш бук1араб 1990-95 соназда  кин ДУМДалъ гьел Къуръанал ричулел рук1арал!

Цоги, нужое ц1акъго бокьич1еб жо батила гьаб ккараб кьвагьа-г1анхъиялъул, би т1еялъул дица нужодаги г1айибч1вай. Жегисалалъги такрар гьабила: нужое бокьаниги, бокьич1ониги, 1999 соналъ ккараб ц1адулъе г1еззег1ан ц1ул бана нужоцаги (ДУМДалъулазха), 1988-90 соназдаса байбихьун гьеб ц1а ч1еч1ого рек1инабуна цо диналъул, цо аварагасул агьлуялъ, ай дуцаги, Багьавдиницаги, нужода сверухъ ругезги. Цо-цо данде кколарел суалал бах1салдалъун, маслиг1аталдалъун т1убазе к1веч1олъиги нужор к1иязулго г1айиб кколаребиш? Кинал гьел суалал рук1арал дица дирго т1оцебесеб макъалаялда рехсон рук1анин. Гьездаса цониги бугодай жодорого парзги т1убан, цоял муг1алимлъун, цогидал тохтурлъиги гьабун, лъабабилел бича-хисиялда хинк1 балагьулел  ругел г1адамазе бидул багьаялдалъунги т1убазе кколел? Бит1араб хъвалеб буго Т1агьал Ах1мад-Х1ажияс – аварагасул асх1абзабицин цо-цо нухалда х1инкъулел рук1анила – цощинаб мекъаб нухда ругодай, гъалат1 кколеб бугодай жодор абун. Гьелгиха, вас-вас ккараб суалалъе жаваб кьезе аск1ов живго АВАРАГ (с.г1.с.) вугел чаг1и! Нужго киналха, бит1ахъего кинабго нужоца абулебги, хъвалебги жоялъе шаклъиго гьеч1ел? (Дуца абулеб 1% гъалат1азул «Ассаламалда» - лъица рик1к1араб, дица я цогидас 51% абуни?).

Питна би т1еялде ккезесеб х1акъаб бук1анин ч1ела жакъаги нуж, амма гьеб питна кида ккунги кезесеб ахиралде щун бич1ч1араб ва дида гьеб бак1алда гьабизе к1олеб жо гьеч1еблъи бич1ч1арабго, 1993 соналъул риидал «Исламалъул нух» газеталда дирго пикруги загьир гьабун, дица нужодаса рик1к1алъизе г1амал гьабуна. Щайин абуни, дир аслияб мурадлъидал бук1араб беразда бихьулаго бук1ун зулму-биялде халкъ борч1ич1ого бук1иналъе жигар бахъи, питнаялдаса диналъул вацал ц1уни. Рак1алде щвезабе, 1991-92 соназда Чачаналдаса чапарзабигун Хасавюрталда нилъер балъгояб данделъи: «Лъезе бак1 т1аг1ун буго нижер ярагъ, босе! Бахчун тезениги – босе! Кинал къварг1аниги кьвагьулел жал, кина-кинабги ярагъ лъезе бак1 т1аг1ун буго  – къо ккезег1ан бахчизе к1варабг1ан босе!» Чам нилъеразул к1алдиб лъим чвахараб, киг1ан гъира бук1араб гьеб яргъиде? Дидагуриш нуж рук1арал: «Ярагъ гьеч1они нилъ гаргадула хут1ула, рач1а разилъизе!» абун. Амма дун г1умруялъго гаргадула хут1изе рази вук1ана ярагъ х1алт1изабиялдаса. Лъаларо, цоги-цоги ишалгог1адин, дидаса балъго босун батизеги бегьула нужоца доб ярагъ, амма доб мажлисалда партиялъул ц1аралдаса дица баркалаги кьуна чачаназе, ярагъ босизе инкарги гьабуна. Гьединал х1ужаби г1емералин рук1арал, гьелъин дица хъвалеб бугеб «цоги-цоги ишалгог1адин» абун! (Масала, партиялъул ц1аралдаса Санкт-Петербургалда диниял т1ахьал кьабулел рук1ин лъана дида нужодаса дун нахъе аралдаса 2-3 сон индал. Т1ахьал кьаби, хасго диниял – квешаб жойин абулеб  гуро, амма, садакъалъе рикьулелиш гьел рук1арал – гьел т1ахьал ричун щвараб цо капек партиялъул кассалде щвеч1еб кинаб?). Питна ккеч1ого бук1иналъе, би т1еч1ого хут1иялъе  рук1ана нухал. Т1арикъат биххизе кьуч1ал щула гьарулев Багьавдинги, «вагьабиял» абун диналъул вацазде дандеч1еялъул г1елму гъварид гьабулев мунги - к1иялго цо камералде жани т1амизе кколаан рук1арал цо пикруялде нуж к1иялго рач1инег1ан. Анкь рик1к1ун лъаб-лъаб гамач1ги кьун, гьел гамч1ал т1агьараталъе г1оледухъ квана-гьекъезе напакъаги кьун, диналъул вацаздехун к1иязулго цо хит1аб хъвазе цо къаламгун ва цох1о кагътил т1амачги кьун. Дир щаклъи гьеч1о – г1емер заман ине бук1инч1о камералда нужор, аслияб гьелдаса щвезесеб пайдаги – диналъул вацазда гьоркьоб питна т1аг1и бук1ана. Гьединаб пикруялъе, диналъул вац, Къурамух1аммад, дир г1иллаги буго: нуж нужорго щулияб иманалъ гуро гьеб питнаялде ах1арал, напсалъул ва рух1алъул къвак1иялъ гуро ах1арал, нуж рук1ана пачалихъ чучиялъ, х1укуматалъул г1адлу биххиялъ гуч ва гьури ц1ик1к1ун, рек1елъ кьвари бач1арал. Гьединал г1одор риччаялъе дагьаб пачалихъалъул къвак1игун къуват г1олаан бук1араб. Гьедин гуреб батани, доб 1960-70 абилел соназда кир нуж рук1арал, мажгиталги къан ругеб мехалда, диналъе квал-квал гуреб кинабг1аги эркенлъиги бук1инч1еб заманалда? Щай мунагьал чураяв Мух1умаев Мух1аммадрасул-Х1ажияс 1957 соналъго г1адин, пачалихъалдаги, коммунистаздаги данде гъазаваталде т1олго дунялалда раг1уледухъ диналъул вацал ах1ич1ел? Дица нужор питнаялдаса босараб цо дарс буго: г1алимчиги пикрукъав вук1унеблъи, ах1макъал ишал г1алимасулги рорч1унеблъи – гуребани, г1алимчи Багьавдиница диналъул вацазулгун питна бекьилиш, рес щварабго гурун гъуждулгун, цадахъ рекъон, диналъе квал-квал гьабулеб пачалихъ, коммунистал  г1адлуялде рачич1ого, нилъерго ихтиярал ц1унараб къаг1идаялде пачалихъ бачиялъе г1амал гьабич1ого?

Х1урматияв диналъул вац! Киналниги г1елмаби заманалдаса бат1а т1унани, г1елмаби кколаро, гьел анекдоталде сверула, гьебго х1алалда цо-цо г1елмуялда хурхарал адабалгиха. Масала, жакъа хъвадарулеб машинка т1убанго тарихалде анин абизе бегьула. Гьеб г1иллаялъ, гьеб машинка х1алт1изабиялъул махщел, гьеб къач1аялъулгун гьелъие гьаризе кколел хъулухъазул х1акъалъул дарсал кьей ккола г1адада заман хвезаби ва лъиего пайда гьеч1ел дарсал хъван кагъат хвезаби. «Бусурман чияс гьаризе кколел адабал» т1ехьалъул 227 гьумералдаса 14 гьумералда кутакалда мух1кан гьабун хъван буго дуца гамч1ил кумекалдалъул кин т1агьарат гьабизе кколеблъи ва гамч1ил кумекалда гьеб гьаби «бищун хирияб къаг1идалъун» бихьизабун (гьум.144). (Лъик1 бук1инаан, т1ехьалъул ахиралда тиражги хъван бук1арабани, щайин абуни, тиражалда бараблъидал пачалихъалъе кьезе кколеб налог бук1унеб, тираж гьеч1еб т1ехь ккола балъгояб, налогаздаса бахчараб  дарамлъун - «левый, паленный товар»). Я диналъул вац, 1400 соналъ цебе бук1араб къаг1идаялде щай дуца г1адамал ах1улел, рац1ц1алъиялъул рахъалъги, ресазул рахъалъги т1олго дунял-г1алам цебет1ураб ХХ1 г1асруялдаги?! Геморрой, парапроктит, перианальный дерматит – гьал унтаби ккола гьеб гамач1гун цоги-цоги жо х1алт1изабидал раккулел унтаби, санитариялгун гигиеналъул г1адлу хвезабиялъул х1асиллъун. Жакъа бокьа-бокьараб жоги хъван г1адада хвезабулеб кина-кинабги кагъатги бугеб мехалда, аза-азар лъамалъабигун кремал  ругеб заманалда, гьеб ишалъе гамч1ал х1алт1изаризе БЕ-ГЬУ-ЛА-РО, диналъул вац! Тохтур х1исабалда дудагоцин гьарила – х1алт1изаруге гамч1ал, я ч1ах1иял, я г1иссинал, дур малъиял инсанасул сахлъиялъе заралияллъун рихьун, абич1ого чара гьеч1еблъун ккола дида гьаб т1ад рехсараб пикру, дида ккола цогидал тохтурзабазги гьебго жо абилин абун.  

Нужор ц1ох1о гьел гамч1азда хурхараб гурони, заманалда ва г1елмиябгун техникалъул цебет1еялда данде кколареб пикру бук1инч1ебани – агъаз гьабич1ого таниги бегьилаан. Гьединалго пикрабиги, къаг1идабиги, малъиялгун ваг1забиги г1емер рук1иналъ хъвана дица – гьединал ах1макъал жалазе цо-цо журналистаз, интеллигенциялъ ва лъай бугез жаваб кьезе кколин абун, нужода гьеб щаялиго дица ИСЛАМАЛДЕ данде гъазаваталде ах1илъун бич1ана. Гьебго г1иллаялъ кьола гьанибго тохтур х1исабалда дицаги дур жакъасеб къоялде данде кколарел ва инсанасул сахлъиялъе заралиял малъиязе жаваб.

Дуе баяналъе – ИСЛАМ – я мун гуро, я устар гуро, я ДУМД гуро, Дагъистанцин гуро. (Бокьилаан лъазе –ДУМ абураб жо киса бач1араб, нужоца ч1еч1ого рехсолел аврагасул х1адисазда ругодай идаралда хурхарал жал? Дир жаваб: ДУМ абураб жо т1оцебе Россиялда баккана г1урус ханалъул к1алдиса ва гьелъул буюрухъалдаса (Указалдаса). Гьейгийишха нужор устар?). Ислам ккола т1олго дунял-г1алам, анкьабго зоб-ракьал ва гьениб бугебщинаб ч1аголъигун т1абиг1ат. Дун, мунгог1адин, ккола цох1о гьениб бугеб зарра, цох1о къат1ра. Щибаб зарра Аллагьасе хирияб бук1иналъниги ц1унизе ккола, цоял-цояздехун рах1му бук1ине ккола - Аллагьас рух1 лъурал ругелъул т1олго дунялалда рижаралщинал! Мекъаб нухда ругезеги, т1екъаб г1амалалъулазеги, пикру мукъсаназеги, квер квешазеги, унтаразеги, сахазеги АЛЛАГЬАС КЬУН БУГО ГЬАБ Г1УМРУГИ, ГЬАБ ДУНЯЛГИ, гьебго заманалда гьел т1олгоязул напс къабих1 гьабизеги, гьел г1одобег1ан гьаризеги гьеч1о лъилниги ихтияр, гьезул ц1арлъидал Инсан. Гьезул ихтиярал ва ресал къварид гьаризе кколел ратаниги, жакъа щибаб пачалихъалда бихьизабун буго ЗАКОН ва Конституция (метер, иншаАллагь, бук1ине бегьила шариг1ат, амма дица хъвалеб жо буго ЖАКЪА). Т1аса лъугьа, х1урматияв г1алим ва диналъул вац, дунин абуни дуда т1аса лъугьаравго вугин. Дуца дида 12000 «Х1акъикъаталъул» к1удияб гьумералда хъван ч1вараб г1илла гьеч1еб г1айибалъе Аллагьасул кумекалдалъун хъвазе ккана цох1о экземпляралда  гьаб жаваб. Хут1араб 11999 экземпляралъул, ИншаАллагь, мах1шаралда бицине тун лъик1.

Вассалам, вакалам!

Г1абдурашид Саг1идов, Москва.

 

P.S.  Экзаменал кьезе нужохъего дун ах1ун дие гьабулеб адаб-хъатиралъухъги х1урматалъухъги баркала, рик1к1ен г1емерал гьенир ругел исламиял университетазулгун мадрасабазул мутаг1илзаби г1унги т1ок1ал ратила дидеги нуж щвеч1ониги. Дица экзаменал г1езег1ан кьурал руго, ай чамги дунялалдаго ц1ар раг1арал г1алимзабазецин, масала академикал Борис Васильевич Петровскиясе, Михаил Ильич Кузиние, Михаил Израилевич Перельмание, Эдуард Израилевич Гальпериние ва анц1-анц1 цогидазе. Къуръан-исламалъулги экзаменал гьигьалъав рекъав Г1исаца кодо т1илгун босана дидаса, тохлъи ккани мугъзада кьабизе т1илги т1ад ккун. Аллагьасе рецц, т1илица мугъ борцизе ккеч1о.

Цоги, нужое баяналъе: Хадубккун кинаб жавабалдалъун я мун, я ДУМДалъул чи хъвадараниги, к1алъаниги –дуца рагьун, киназдаго раг1уледухъ я абич1они, я хъвач1они – «т1агьараталъе гамч1ал х1алт1изари ккола сахлъиялъе заралияб ва г1иц1го цогидаб къаг1идаялдалъун гьеб хъулухъ т1убазе рес гьеч1олъиялъ х1алт1изабизе кколеблъун» - абун, - дица нужое я жаваб кьезе гьеч1о, я агъаз гьабизе гьеч1о. Гьелъие к1ал-къалам х1алт1ич1еб дир жаваб бук1ине буго «Ганч1ил г1асруялъул чаг1азулгун гаргади – г1ададисеб ва г1антаб жо ккола!» абураб. Г1антаб пишаялда вук1иналъул чамгияз жакъаги бадибч1вайги гьабуна дие (нужгун бах1салде инха г1антаблъун чамги нилъер бах1салъул ц1алдохъабаз рик1к1унеб!). Гьебго жо 1990 соналъ дида цо рузманалда ватарав дирго имг1ал Къасумицаги абун бук1ана: «Роцги бет1ерги гьеч1ел гьал такъиябигун мун къват1и вахъин дие расниги бокьулеб гьеч1о, бегьулеб батани – мун гьаздаса рик1к1ад вук1а!» абун. Дун 3 соналъ кват1ана гьесул г1акълу бот1ролъ босизе – хьул бук1ана бет1ерниги нужор бихьила т1олгоязда абураб. Рак1алда ккола лъик1алде иналъе, пайдаялде гали ч1вазе дагьабниги кумек ккелин  т1ад рехсараб каламалъул.

Категория: РЕЛИГИЯ и статьи на аварском | Добавил: saidov-ak (23.12.2007) | Автор: Абдурашид
Просмотров: 1262 | Комментарии: 1 | Рейтинг: 4.5/8 |
Всего комментариев: 1
1 airtorque  
0
Здравствуйте
Недавно друг скинул рейтинг.
Рейтинг создан на основе данных полученных от десятков тысячь геймеров и сотен знатоков.

Ссылка здесь http://2014-games.ru/ - игры онлайн танки
http://2014-games.ru/ - http://i66.fastpic.ru/big/2014/1209/54/f33d4ff3488e370aeb8894f7569da554.jpg

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные пользователи.
[ Регистрация | Вход ]
Copyright MyCorp © 2024
Создать бесплатный сайт с uCoz