Четверг, 28.03.2024, 13:19Читайте, комментируйте, спрашивайте.
Главная » Статьи » РЕЛИГИЯ и статьи на аварском

продолжение завершенной дискуссии -А. Тагаев

ХIурматияв ГIабдурашид!

ТIокIав чIечIого гьал макъалабазе жаваб хъваялдеги вуссинавун, цоги гьабулеб хIалтIиялде регIизе течIого вукIиналъе гIологIаги гуребдай гьанжеги дун хъвадаризе тIамулев вугеван кколеб буго. Кин батаниги, суал бугелъул, жаваб кьечIого гIеларо.

ТIоцебе дур мурад букIун батани «Нужер (идараялъул) хIалтIи  лъикIалде ккей, гьаб питнаялдаса халкъ батIалъилародаян» абураб, Москваялдаги вукIун, газетазде, щибго хIужаги бачинчIого, Идара какун, исламалдаса инсан ватIа гьарулел жалги хъвандай хIалтIи лъикI гьабулеб ва питнаялдаса халкъ батIа гьабулеб. Гьабгощинаб хIакъикъаталде данде кколаребщинаб жо хъвазе лъарав, дуда лъазе ккеларищ исламалда рекъон кин гьел суалал тIуразаризе кколелали. ГIайиб цо чиясда яги Идараялда батани, гьеб гIайиб гIадамазда загьир гьабун халкъалда гьурщидай  кколеб исламалъул нух?! Гьелъул жавабчилъи кинабдай бугоян лъазе ккелародай?! «Дица ва цоги-цоги нужеда рази гьечIел диналъул вацаз бахIсалде ахIиги питналъун бихьана нужеда, нужеда рази гьечIелщиналги исламгун, ай ТIадегIанав Аллагьгунцин, рази гьечIеллъун рихьизарулел руго нужеца», -ян хъвалеб буго дуца. Авалалдаго дуца загьир гьабулеб буго мун Идараялда данде чIараздасан вукIин, гьединги букIаго, щиб жоха тIокIаб дуца хъвалеб. Нижеца бицунеб жо  исламалда данде кколебги букIаго, гьелда данде вахъарав чиясдаса Аллагь разилъизе рес гьечIеб лъаларев чияс лъие гIакълу кьолеб бугеб? «Исламалда жаниб оппозиция букIине кколаро»  абураб рагIи дуца бачунеб буго, бахIсги букIине кколаро, бахIсги питна бугоян абураб бакIалде. КьучI гьечIел, хIужа гьечIел жалги хъван, газетазда макъалаби рахъи ракълиде ахIийищ кколеб? Диналъул вацасул гIунгутIи бихьани, лъидаго гьурщичIого, гьесда жиндаго хIеренго абеян гурищ малъулеб исламалъ? Дуе бегьулеб гьечIо питна гьабулев чи чIезавизецин. Питна гьабулев чиги чIезавичIого, бицун, бичIчIизабун, бичIчIизего бичIчIичIони, рес бугони, жамагIаталдаса ватIа гьавичIони, цоги  батIияб къагIидаялда кин питна чIезабулебали ГIабдурашидица малъизе ккелаха! Гьедин абулев чияс тIоцебе гьаб хIукуматалда абизе ккела щай нужеца законги хвезабулеб, халкъалда жаниб питна тIибитIизарулел гIадамалги жалго толарел, щай нужеца гьедин гIадлуги гьабулеб, ккани, гьел жанирги тIамулелин. Питна чIезабиялде данде вахъунев бусурманчи кинав вукIуневали дидани лъаларо. Питнаялде ахIи кколарищ питна гьабулел чагIазе гIадлу гьабизе бегьуларилан аби? Дуцаго будунзаби, дибирзаби ахIулел руго бокьарав чиновникасда данде чIезе, хIужаби ругони. Гьелдаго цадахъ дуца, щибго хIужабиги рачинчIого, Динияб идараги какулеб буго, Идараялъухъ питна гьабулел чагIазе гIадлу гьабизе ихтияр гьечIолъиялдасаги воххулев вуго. Лъаларищ дуда, дибирзабиги, будунзабиги, Идараялъул хIалтIухъабиги, Конституциялда рекъон, хIукуматалдаса ратIа гьарун рукIин, ай гьезие хIукуматалъул политикаялде гъорлъе лъугьине гьукъараб букIин. Политика абураб рагIиялъеги Ожеговас кьолеб буго «хIукуматалъул гIуцIабазул хIалтIи» абураб магIна. Дуца абуни ниж ахIулел руго Конституциялда данде рахъине, дуцаго абулебги букIаго: «Светияб пачалихъалда щивав чиясе аслияб законлъун ккола Конституция. Гьеб Конституция рикIкIунарев, закон рикIкIаде къазабулев чиги ккола экстремистлъун», - илан. Гьедин бугелъул Конституциялда диналъул церехъабазе хIукуматалъул идарабазул хIалтIулъе лъугьине ихтиярги гьечIеб мехалъ, дибирзабиги будунзабиги гьел идарабазул хIалтIи битIизабизе ахIулев мун щив колев, экстремист гурони (дурго рагIабазда рекъон).

Амма кIочон буго дуда, добго Конституциялда рекъон, щибав россиялъуласе ихтияр букIин жинца тIаса бищараб диналда рекъон хьвадизе. Гьедин Конституциялда данде кколареб жо гьабиялде дибирзаби, будунзаби ахIи питнаялде ахIи кколаребдай? Гьанжеги дуца такрар гьабулеб буго, дагIба-рагIиялъе, би тIеялде щвараб питна ккеялъе, гIайибго Динияб идараялда гьечIилан гаргадулел ругила гьенир хIалтIулезул чангоялин. ХIужа гьечIеб хабар кколарищ гьеб? ЦIарал гьечIищ гьел гIадамазда ва щиб гIайиб гьезда бугеб? Гуро, гьеб буго гIоркь гьечIел хабараздалъун Идара бусурбабазда рихинабизе бахъулеб хIаракат. Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас гьукъулеб буго кинаб бугониги миллат гIамм гьабун какизе, гьезда гьоркьор рукIине бегьулелъул Аллагьасде гIагарал гIадамал, гIаммаб каки гьездеги гIунтIулелъул. Гьедин бегьуларилан абизе бегьулеб гьечIоха дуе. «Дибирзаби, будунзаби хIукуматалъул политикаялде гъорлъе лъугьаян ахIи питнаялде ахIилъун кколеб батани, цIогьодулел хIакимзабигун, намус тIагIарал министралгун рекъон рукIаха...» – абун хъвалеб буго дуца, Идараялъул хIалтIухъабиги будун-дибирзабиги гьедин ругел гIадин! Гьединав хIалтIухъан ватани, гьев щивалиги бицине ккела гьесул гIайибги бицине ккела, гьесда жиндаго, Дагъистаналдаго газетаздаги хъван, щущазабун гуреб. Гьесда гьеб бичIчIизабизеги кIвечIони, исламалъеги гIадамазеги гьесул заралги бугони, гьебмехалъ бегьила хъвазе, хIужабиги рачун, гьебмехалъги гьесулалдасаги исламалъеги гIадамазеги гьеб загьирлъизабиялъул питна цIикIкIунеб бугони, бищизе ккела зарал дагьаб.

Дуца хъвалеб буго: «I990-абилеб соназдаго гьадаб питна нилъер беразда цебе бихьичIебищ диниял чагIазда гьоркьоб (Багьавудинилазда ва нилъеразда гьоркьоб», - илан. ТIоцебесеб, диниял чагIазда гьоркьоб питна букIунаро, питна букIуна диниял чагIаздаги динияб нухалдаса къосарал чагIаздаги гьоркьоб. Гьел дандеккунгутIиялда жалго тезе бегьилаан, гIадамазда гьоркьор ругел дандеккунгутIиял гьел рукIаралани. Амма питна исламалда жаниб гьабулеб бугони, щивав бусурманчиясда тIадаб буго исламалъул бацIцIалъи цIунизе. Диде бокьараб жоги абизе бегьула, гьелъулги дица анализги гьабула, кьучI гьечIеб жоялъул миллат гьабуларо, амма ислам жибго те, гьеб гIайибаздаса бацIцIадаб буго. Дуе данде кколарел жал рицарал чагIиги, хIакъикъат гьез абулеб букIиналдалъун, кавычкабаздеги рачун цIаралги лъун, гьел гIодорегIан гьаризе хIаракат бахъиги бусурманчиясул гIамалалдасан кколаро, бусурманчиян абулевщинав чияс гьабулеб жоги ислам букIунаро. КIиго чияс исламалъул цIаралдасан кIиго цоцазда данде кколареб жо бицунеб мехалъ, кIиявго витIарав вукIине рес гьечIеблъи лъазе кколареб жо буго. Мекъи вугев витIарасда разилъичIони, дагIба къотIулареблъиги хIакъаб буго. «Ккарал дандеккунгутIиял зулму гьечIого тIубазе кIвечIолъи нужер кIиязулго гIайиб гуребищ?» – абун суал лъолеб буго дуца. Кин кколеб данде, нижер пикруялда нахърилълъинчIелщинал чагIиги капурзабиги ккола, гьел гъуризеги ккола, жидеца гьел гъуризеги руго, хIал гьабун киналго жидер пикруялдеги рачине ругоянги абун, бусурбабазда дандеги рахъун, гьел гъурулел гIадамазулгун, гьеб исламалда данде кколареб нухги букIаго.

ГьедигIан гьунар бугев дуца щайха гьеб суал тIубачIеб. Гьезул пикру хисизабизе кIвечIилан Идараялдаги гIалимзабаздаги гIайибал чIвай битIунищха бугеб, кинаб исламалъул хIукмуялда гьеб данде кколеб? Дида дуца, щибго хIинкъичIого бугьтан лъолеб буго, дица дол бахIсалде рачIинчIилан гьереси бицунеб бугилан. Гьанжеги дица нугIлъи гьабулеб буго гьел бахIсалде рачIинчIолъиялъе, жидецаго рачIине гьабураб къотIиги хвезабун. Цо нухалъ Багьавудинил «гIагарав чи такъсиралде ккун, гьесие кумек гьабизе ин» цебесеб батана исламалдаса. Жиндир баракат щваяв СайидмухIаммад-хIажияс, дица гьабила гьесие кумекги гьевги къватIиве вахъила гьесде гIайиб гIунтIизабулеб батаниян абидалги, разилъичIо бахIсалде вачIине. Нахъеги кинабго жоги хIадур гьабун, гьабураб къотIиялда рекъон ниж ралагьун чIун ругеб мехалъ, гьес ахIун бачIана, жив бахIсалде вачIине ккани, телевидениялъул рагьараб эфиралде гурони вачIунарилан, нужеца жиндие гьеб чIезабейилан. Цоги багьана батизе кIвечIеб мехалъ, Идараялъул телевидение гьечIолъиги лъалаго, тIоцебе къотIиялда гьелъул цIарги бахъичIого, къотIиялъе хилиплъана. Гьедин гурони бегьулареб букIараб батани бахIсалде рачIине, ритIухъалги рукIарал ратани, щайха гьез абичIеб гьале нужее телевидениялъул эфирги, рачIа гьаниб гьабилин бахIс; Идараялда борхизе кIолареб букIинги лъалаго, гьеб суалги цебе рехун, къотIи хвезабураб? Гьелищ дол дица рицунел гьерсал? КъотIиялъе хилиплъи ккола мунафикълъиялъул гIаламат, мунафикъзаби рукIунеб бакIги жужахIалъул тIино бугилан абулеб буго, дица гуребха, БетIергьанас. Гьанже ургъеха щив гьерсихъан ва щив чи щив ккаравали.

Идараялъул гIайибалги рихьулел рукIаго, гьабизе кIолеб жоги букIаго, питна чIезабиялъе, кивха вукIарав, ГIабдурашид мун, гьеб питна Дагъистаналда багъаридал? Исламалда хурхараб гIиллаги питнаялъул букIунаро, ислам хвезаби ккола питна гьаби. Вагьабиязе кьолеб къиматги, СагIид-афандияс (къ.с.) абунилан абун, Шевченкоца «Независимая газетаялда» хъвараб жоялдасан босичIого (гьедигIан исламалъул ургъел бугев чияс), гьес хъвараб «МажмугIатул фаваидалдасан» босизе кколаан. ГьанжегIаги цIале, кантIуларищ мунгоян. Дуца хъвалеб букIахъего, дур мурад батани дур гъалатIал такрар гьаричIого рукIин, гьел рихьизарурал мехалъ, щай дуе гьеб бегьулеб гьечIеб?

«ГIалимчияс кьураб жаваб» къабул гьабизе ккелилан абиялъ дунги дун гуревги «гIалимчилъун» лъугьунаро, гIалимзабазда нахърилълъараздасан рукIуна, дуеги гьедин гьабуни лъикIаб буго, гIалимзабаздеги, исламалдеги, Идараялдеги ганчIал ралев вукIинчIого. Устарасул адаб кин гьабизе кколебалиги гьев кинав чи вугевалиги лъазе ккани, гьеб бигьаяб суал гуро. Устарасул тарбиялде гъоркьеги лъугьинчIого, гьесул баракатги щвечIого, гьеб гIадамасда бичIчIуларо. Устарасул хIакъалъулъ абулеб жоги гьесие кколеб къиматги дуда ва мунго гIадин тIарикъаталдаса рикIкIад ругел гIадамазда, вагьабиязда, Къуръаналъул цо-цо аятал гIадин гурони - щиб бицаниги, кин бицаниги, бичIчIуларо. Дун гIадинав чиясул рагIи дуца гIадахъ босуларелъул, гьединаб дур гIадинаб бичIчIиялъул гIадамазул хIакъалъулъ немцазул философ Эрхард Йоганица абулелъухъ гIенекке: «Дица бицунеб жо бичIчIуларев чи гьеб бичIчIизеян лъугьунге, гьев гьеб хIакъикъат (битIараб жо) бичIчIиялъул макъамалде вахинчIого, гьесда гьеб бичIчIуларо».

Гьанжеги абила дуца, гьазул жалго жидеего кIодолъи щибилан, гьеб дурго хIакъалъулъ дудаго жаниб бугеб пикру букIиналъул халги гьабичIого. БитIун бичIчIани, дуего лъикI. ТIадегIанав Аллагьасулгун квар цIараб бухьен бугеб гIадин ниж кIалъаларо, шаригIаталда бугеб жоялдалъун гурони, гьеб дуда бичIчIизе бокьун гьечIолъиги нижер суал гуро, дурго буго.

Шамхалалда ккаралъулги хIасил дуца босулеб буго «Черновикалдасан», цереги чIун нугIлъи гьабулел, гьенир рукIарал диналъул вацазул нугIлъиги нахъе рехун. Кинал дибирзаби кир ругелалиги нижеда дуца бицинчIониги лъала, мекъаб нухде ккарав гьев вугони, битIараб нухде гьев вачиналъеги, Аллагьасе бокьани, хIаракат бахъила. Нижеца киданиги цIунцIраби гIадин нижеда нахърилълъаян абуларо, амма абула битIараб исламалъул нухда чIайилан. КигIан гьеб бегьуларев мун вугониги, Аллагьас кьеги дуеги битIараб жо битIараблъун бихьи. Къуръаналъул магIна бичIчIизе кколариланги нижеца абуларо, амма абула нилъедаса гьеб лъикI бичIчIулезда нахърилълъине кколилан, жибго Къуръаналъ гьелде ахIулел ругелъул. ШаргIалда бегьулареб, мекъаб жо шаргIалда бегьулилан лъица абуниги, гьев чи шаргIияб, ай исламияб нухалдаса вортула, гьединго вортула гьесда рекъаравги. Гьеб машгьураб жо буго, гIисинал лъималаздагицин лъалеб, кигIан дуе бегьулеб батичIониги.

Муфтияс «Эхо Москвы» радиоялда суннитаздаги шигIитаздаги гьоркьоб батIалъи щиб абураб Татьяна Пилипейкаца кьураб суалалъе: «Дида кIоларо гьеб суалалъе жаваб кьезе», -ян абиги дуца бачунеб буго гьесул лъай гьечIолъиялде ва гьес, хадуб кьела жавабан абиги муфти гьереси бицунев чи вукIиналде бачунеб буго. ТIокIаб гьев радиоялдеги инчIони, гьезги ахIичIони, кинха рагIилеб жаваб. Сундуе гIоло гьелъ гьединаб суал кьолеб бугеб, гьеб гурони, тIокIаб кинабго ислам тIокIкIун лъандай буго Татьянадаян пикруго гьабулеб гьечIо дуца. Щай муфтияс гьединаб жаваб кьурабалиги кинха дуда бичIчIилеб, гьедин гьесда маслихIатаблъун бихьани, гьеб лъикI букIинаян абураб жоги дуда эхебе унарелъул.

Нижеца киданиги Конституцияги законги рикIкIунарезда вагьабиялинги абуларо, исламалда жанир раккаралдаса нахъе питна бекьулел ругел вагьабиязде гурони. Дидаса бахъарабин дуца хъвалеб бугеб вагьабиязул махIги лъикI сунтIе, дудасаго бахъун батизе гурин. Гьел мунагьал гьечIилан ракIчIейги дурго хIакъалъулъ дурго бугеб пикру буго, жаниб бугеб гурони, къватIибе кьоларелъул. Я гIалимзабазул, я муфтиясул, я Динияб идраялъул хIалтIухъабазул цониги лъикIаб рахъго бихьуларев чиясде, берал канал ругониги ракI беццавилан абичIого, кинха абилеб?

Вагьабиязда бичIчIизабизе кIоларо, щиб бицаниги, жидерго пикру гурони. Божи буго, мун гьединаздасан гьавун ватиларилан Аллагьас.

Гьалдаса хадуб дуца щибжо хъваниги, гьелъие жаваб гьабурав чи ахIмакъ вукIина. Хадусеб Аллагьасде тIамун тана.

Кинавго бусурманчи битIараб нухалде тIовитIи Аллагьасда гьарулев АхIмад-хIажи ТIагьаев.

 

 

 

Категория: РЕЛИГИЯ и статьи на аварском | Добавил: saidov-ak (23.12.2007) | Автор: Ахмед Тагаев
Просмотров: 1199 | Рейтинг: 1.0/5 |
Всего комментариев: 0
Добавлять комментарии могут только зарегистрированные пользователи.
[ Регистрация | Вход ]
Copyright MyCorp © 2024
Создать бесплатный сайт с uCoz