Четверг, 25.04.2024, 23:35Читайте, комментируйте, спрашивайте.
Главная » Статьи » РЕЛИГИЯ и статьи на аварском

Место религии в светском обществе
 

Диналъе рац1ц1алъи – бук1инеселъе дару-сабаб

 (авторское название статьи: «Светияб пачалихъалда диналъул бак1»)

 

Диниял суалал загьирлъи сабаблъун, диналъул г1елму т1ок1алг1алимзабиц1ик1к1иналъ, гьал ахирал 10-15 соналъ ккарал тунка-г1усиял, питна ва инсанасул би т1еялде щварал даг1ба-х1усудал щибниги динияб идаралда ва официалиял диналъул х1алт1ухъабазда хъат1ич1еб ххвел гьабун ва жодода г1айиб г1унт1изе г1иллаго ккеч1еб г1адин к1алъалел руго чамги динияб идаралъул х1алт1ухъаби. Цоял рац1ц1ад гьари, цогидазда г1айибал г1унт1изариялъул мурадалда хъвалеб жо гуро гьаб. Х1акъикъат лъазе ккола ва гьеб тарихалъе хут1изе ккола. Бищун г1ажаиблъизе ккараб жо буго гьеб х1акъикъат щивасул жинди-жиндир батулеб буго ва цоялда цо релълъарал бак1ални щиб, вабилг1акса хъваниги – гьебги х1акъикъатин толеб буго. Дун исламалъул г1алимчи гуро. Х1адис-аяталдалъун инсанасе ваг1за гьабизе лъалев чиги гуро. Гьебго заманалда к1оларо х1урматияб «Хакъикъат» газеталда дирго пикру загьир гьабич1ого ч1езе. Жамаг1аталда гьоркьо киданиги ратизе бегьула диналда божулесулги, божуларесулги, Г1иса аварагасул диналъуласеги, ягьудиясеги,  векьарухъанасегун инженерасеги,  муг1алимасегун тохтурасеги г1аммал суалал, г1аммал мурадал, г1аммал масъалаби. Гьездаса аслияблъун ва цояблъун ккола республикалда ва пачалихъалда х1алхьигун рекъел бук1ин. Рекъел ва х1алхьи республикалда гьеч1они я векьарухъанасул, я инженерасул, я диниясул, я сунданиги божуларев атеистасул  мурадал цере т1ей шакаб жо буго ва кида щунги гьеб ах1вал-х1ал к1удияб балагьалде щолеб жо бук1инги якъинаб жо ккола. Жакъа аза-азар рух1анияз (диналда божулел чаг1аз!) буго абулеб – коммунистазул нухмалъиялда гъоркь рук1араб заман киг1ан лъик1абила бук1араб, киг1ан рах1аталдайила нилъ рук1арал абун. Гьебго заманалда гьезда к1очон толеб буго  инсанасул ихтияразе бук1араб мукъсанлъи, чиясе бук1инч1еб рес я ракь х1алт1изабун, я махщалидалъун, я жиндир г1акълу-лъаялдалъун маг1ишат гьабизе ва хинк1 балагьизе. Гьаб бак1алда бихьула чамгиязул гьурмалъ баккараб гьими: «Ц1огьазегун къачагъазе кьураб рес балагьеха маг1ишат гьабизе!» – абун. Гуро! Дунги х1арамаб хинк1алъул тушман кола, х1алалаб гуреб, макруяб нухалдаса щвараб маг1ишаталъул я баракат, я хъизан-рукъалъе рах1ат бук1ине гьеч1елда рак1ч1арав ккола ва гьединаб маг1ишаталъ кида-къадги  лъималазде щунги балагь решт1инабизе бугелда шаклъи гьеч1ого божарав ккола. Хасго мискинчияслдаса щвараб, унта-щокълъарав чиясдаса щвараб ришваталъ инсан воххунгут1и х1акъаб жо буго. Амма,  к1очон толеб буго г1адамазда, жиндирго квераз бижизабураб семечка бичулей к1одоцин законалда рекъон кколареб дарамалда (спекуляциялда) йигин абун чамги шагьаразда милициялде ячун г1азабалде ц1алей йик1араб. К1очон толеб буго мина-азбаралъул роцен хвезабунин абун бульдозерал риччан, шагьаразда минаби риххизарулел рук1арал. Х1алалаб г1арацалъухъги я машина, я мебель, я рак1 разияб рет1ел-хьитцин гьаб пачалихъалда босизе рес бук1инч1еблъи (долго спекулянталин абулел г1адамазухъан гурони). СССР-алъул къват1исел ишазул министр Громыкол хъизамцин, жавгьарал ричун, месед бичун спекуляциялда рук1арабги т1олгоязда гуро лъалеб. Жакъа т1олгоязда лъараб, Генсек Брежневасул ясцин гьебго спекуляциялда меседилгун г1арцул къайи бича-хисулей йик1араблъиялдаги чамги божулел гьеч1о, партиялда лъолел бугьтаналлъун рик1к1улел руго. Киданиги к1очон толаро дидаго бихьараб, 1977 соналъ Мах1ачхъалаялда ”Дачная” абураб 18-абилеб автобус ч1олеб бак1алда бук1араб х1оралда аск1об ах1т1ола-ч1ич1идула хъизам-лъималгун, бульдозералъ мина биххулеб заман – бук1ине кколелдаса борхатго бан бугилан. Жакъа гьеб къаг1ида бач1ани, г1еладай бульдозерал Мах1ачхъалаялъе?!  Гьебго заманалда, лагъзадерил пикруялъул, цогидазе лъик1лъи ва рах1ат щвеялдаса рак1 унтарал ва чидар маг1ишат борцунаго макьу т1аг1арал дагъистаниял киг1андай роххила!

Доб тарихалде араб пачалихъалъул чаг1азе паспорт кида байбихьараб кьезе? Боц1иг1адин, паспорт кодоб гьеч1ого гуриш росабалъ г1адамал рук1арал? Лъимер гьабун хаду лъабабилеб къоялъ колхоз-ч1ужуг1адан бух1араб риидалил къоялъ колхозалъул магъилъе яхъине кколейгуриш йик1арай. Щолеб харжги гьелъие – бригадирас кагътида хъварал гьодорал зах1маткъоял! Росулъ г1умру гьабулел харабазе пенсия кьезе кида байбихьараб? Рух1г1ан вокьулаан дир к1одое Хрущев, гьесул заманалда байбихьидал росдал г1адамазе моц1рое 6 гъуруш пенсия кьезе (доб заманалъ 7 килогун 300 грамм чакаралъул)! Гьебго заманалда тушман вук1ана гьелъие Сталин – россалгун васал рахъарав ва дунял-г1алам бест1аллъизабурав.

Маг1ишатияб гуреб, рух1ияб рахъ босани – Болгариялде ине кканицин парткомалъул кагъат щвеч1ого къват1исел пачалихъазде ине ресиш бук1араб? Х1ежалде рит1улел (унел гурел, РИТ1УЛЕЛ!) республикалдасаго цо-цо к1и-к1и “г1алимчи” вук1ана. Гьелги раккана 1970-80 соназда. Ц1ализегун х1алт1изе цогидаб пачалихъалде ине пикру бижарав чи г1акълу камилав гуревлъун рик1ине бегьулев вук1ана.  Гьеб г1иллаялъ батила, 1988-89 соназда дица “Х1ежалде ине квал-квал бук1ине бегьула цох1о – чантиниб г1арац гьеч1олъи! Цогидал пачалихъалъ г1уц1арал квал-квалазе ахир лъезе ккола!“ – абураб ах1и пачалихъалъе лъазабидал,  Х1ежалде командировкалде  “рит1улел” рук1арал г1алимзабазул цояв дир ракьцояс абуна: “Гьав чи Шураве больницалде вит1изе колев чи вуго!” абун. Амма заман, Аллагьасул ц1обалдалъун ва дир пикруцоязул жигаралдалъун, хисана “г1алимзабазе” бокьухъе гуреб, цогидаб рахъалде. “Дица кумек гьабила, амма нужоца жигар бахъе, г1амал гьабе!” - янлъидал абун бугеб Т1адег1анас.

Диналъул ва инсанасул пикруялда хурхарал суалал ккола эркенаб пачалихъалда, светияб пачалихъалда законал хъван цо нухде рачине бажаруларел ва рачине х1ажат гьеч1ел суалаллъун.  Кинха гьел рачинел – какил чам ракаг1ат базе кколеб ва кир ралагьун гьеб как базе кколеб законалда хъвай ва т1алаб гьаби г1антаб жо кколаребиш? Базе кколебиш рузмаялда хадуб къалъул как, кколаребиш – гьелъиеги законалда статьяйиш рагьизе кколеб? Лъил Къуръаналъул таржама ц1ализе бегьулеб, лъил бегьулареб, кинал т1ахьал ц1алун лъик1, кинал ц1алич1ого лъик1 ва лъил т1ахьал ц1ализего бегьуларел? – лъица гьеб сиях1 хъвалеб ва законалдалъун тасдикъ гьабилеб? “Цох1о к1алъазе гурони, хабар бицине гурони т1ок1аб бат1ияб ихтияр ва рес гьеч1еб жолъун ккола динияб идара” - абун рак1хвел загьир гьабулеб буго динияб идаралъул х1аким Ах1мад-Х1ажи Т1агьаевас “Хакъикъаталъул” мухбир Зульфия Х1ажиевалъулгун гара-ч1вариялда. Альх1амдулиллагь! Аллагьас ц1унаги цогидал ихтияралги ресалги гьезухъе кьунани! Толстойгун Ц1адаса Х1амзатги Нурмух1амад Г1усмановгог1адин, ц1ализе бегьуларел, ц1адулъ рух1изе кколезул сиях1алда лъелаан гьез! “Алиф” абураб Х1амзатил кеч1 щун батиларо идаралъулазухъе ц1ализе…

Цо авар мац1алда Мах1ачхъалаялда бахъараб идаралъул г1алимзабазул т1ехьалда дида батана гьадинаб баян: устарасул азбаралъуб бугеб боц1иялъул къадруги къиматги бусурман чиясе т1адег1ан бук1ине ккелила аск1ов вугев диналъул вацасулалдаса (Къурамух1амад-Х1ажи Рамазановасул ваг1заялда хурхинабулеб буго гьаб пикру). Цевего дида лъик1 лъалев живго Курамух1амадги кодов щвеч1ого, г1ажаиблъарав дун щвана Дагъистаналъул бусурбабазул идаралде суалгун: “Гьаб жо т1ехь х1адур гьабуразул ва гьеб кьабуразул гъалат1иш, яги дида бич1ч1инч1еб жойиш?” - абун. Идаралъул х1акимас дие жаваб кьуна: «Гьеб суал баккиго ккола дур жагьиллъиялъул г1аламат!” – абун. Жагьиласе кумек гьаридал, “г1алимчияс” дие кьуна ч1ванкъот1араб, т1ад суал гьеч1еб жаваб: «Устарасул азбаралъуб бугеб х1амил дие дирго васасулалдасаги ц1ик1к1араб къадруги къиматги буго!” – абун. Гьеб мехалда дица жаваб кьуна: «Дун дур диналъул чи гуро, дир дин да-гьаб бат1ияб буго!” – абун ва дица идаралдаса нух босана. Дида хадуб цоясул шуршуди раг1ана: “Гьадав  вагьабияв вук1ин цебего лъалеб бук1инч1ебиш?!” – абун. Гьеб мехалда дида бич1ч1ана вагьабияв вук1иналъе аслияб г1илла устарасул х1амидехун бугеб бербалагьи бук1ин… Гьебго къоялъ муфтиясул кумекчаг1азул цояс (заместителас) дида абуна: “Дур макъалабазда гьоркьо цо-цо исламалда данде кколарел жал руго, гьеб г1иллаялъ дуца исламалде хъат1араб жо хъвач1ого те” - абун. “Дица насих1атал кьоларо ва фетваби кьоларо, дица хъвала дидаго бихьулеб ва раг1улеб жоялъул цо-цо бот1ролъ ине зах1матал, вас-вас бижулел суалазул х1акъалъулъ дирго пикру загьир гьабурал макъалаби, гьениб гъалат1ги бук1ине бегьула, дарс гурелъул дица кьолеб бугеб!” – абун жаваб кьуна. “Пикру бук1ине ккани мун щив чи кколев?” – абун дир жавабалъе кьураб суалалъ дун г1ажаиблъана ва гьебго бак1алда бижана цоги суал: “Пикру Аллагьас цох1о инсанасе  кьураб г1аламат кколерабиш?” – абун. Гурилан, рак1ч1ун жаваб кьуна “г1алимчияс”, пирку загьир гьабизе ихтияр бугила ц1аларал г1алимзабазул. Г1елмуялде гьоркьобе ккеч1о 6 соналъ ц1алараб институт, 11 соналъ ц1алараб махщелт1ок1ал муг1алимзабаз дарс лъун лъуг1араб Дагъистаналда бищун цебет1ураздаса цояб школа. Инч1о гьенибе г1елмиял институтазда х1алт1иги, медициналъул г1елмабазул хъварал макъалабиги. Пифагорил теорема бот1ролъе инч1ев, Омил я Ньютонил закон лъазабизе к1веч1ев, Менделеевасул таблицалъул цониги элементалъе къимат кьезе лъаларев, природоведениялъе лъабилалдаса т1ад къимат школалда щвезе к1веч1ев  такъия лъурав вахьначияс дида абулеб буго жагьилав чиян! Цох1о дида абиялъул к1вар гьабилароан, - аза-азар дагъистаниязда буго абулеб, жодор мукъсанаб ва заг1ипаб пикруялда разилъуларелщиназда! Киг1ан заманалъ аза-азар дагъистаниял руц1ц1ун ч1езе ругел? Руц1ц1ун ч1арабг1ан заманалъ гьездаги ккезе бугеб жал гурого г1алимзабиги, дунялгун т1абиг1ат лъалелги гьаб ракьалда гьеч1ин абун. Заман щунги т1аса борч1ана гьеб ах1макъаб пикруялъе жаваб Нурмух1амад (Нури) Г1усмановас гуребги, цо-цо къанаг1атал журналистаз гуребги, т1олго интеллигенциялъ кьезе щваралдаса. Гьеб жаваб кьезег1ан ва щивасе бук1ине кколеб къимат кьезег1ан гьаб питнаялъе ахир бук1ине гьеч1о. Диналда божуларел (атеистал) жакъа руго кидадай коммунистазго г1адин, жакъасеб гьаб питна-зулму лъуг1иналъе г1оло  гьал т1олго рух1аниязул к1ал къала абун. Цогидал руго идаралъ малъаралдаса дагьабниги кьурулелщинал туснахъ гьаризе бокьун. Лъабабилел руго идара ва гьелъие мут1иг1алщинал раг1дукье ккезаризе бокьун. Амма т1олгоязда к1очон толеб буго нилъ светияб пачалихъалда рук1ин ва гьеб пачалихъалъул законаз киназего (атеистазеги, рух1аниязеги, кришнаитазеги ва сектантазеги) ихтиярал кьолел рук1ин жодор пикру, к1ал ва г1амал жодор пикруялъ ва рак1алъ къабул гьабураб нухда ч1езабизе, бокьараб дин, я цояб диналъул рикьалабаздаса жодое бокьараб нух бищизе – православазулиш, католиказулабиш, яги анц1-анц1 гьелго диназул г1аркьалабазул рикьелалиш. Гьединго исламалдаги т1арикъатиш бищилеб, т1арикъатго гьеч1огойиш, муг1алим ц1ехониш, т1ахьалгун видео балагьуниш ислам лъазабилеб. Аслияб т1алаб ва шарт1: гьеб нух законалдаги конституциялдаги данде кколеб бук1ин. Щивасул ихтияр буго рузманалде инеги, инч1ого вук1инеги, ун хаду жиндие бокьараб ва жинца (динияб идаралъ гуреб, г1алимзабаз гуреб – ЖИНЦАГО!) бит1араблъун рик1к1унеб х1алалда парз т1убазеги. Гьеб суалалда зулмуялъ цояб рахъ билъинабизе лъугьани – жавабги зулмуяб бук1ине бугеблъи лъазе зах1матаб жо гуро. Гьеб пикруялда т1ад гьабулеб зулмуялъулги дандерижийин жакъа нилъеца терроризм абун ц1ар лъураб гьаб кьвагьа-г1анхъиялъе г1иллалъун кколеб. Гьебго заманалда, республикалда жакъаги руго милициялъул, ФСБ-ялъул  кумекалдалъун диналъул рукнаби “мух1кан” гьаризе г1оло, “иман щулалъизе г1оло” зулму гьабиялъул ва х1инкъаби кьеялъул х1ужаби. Исламияб, шарг1ияб пачалихъалда г1ажаиблъизе ккараб жо гуро, амма нилъер г1умру законазда ва конституциялда борци жакъа нилъеда т1адаблъун буго,  шарг1алда борци – щивасул жинди-жиндир намусалъул иш буго.  Конституциялъгун законалъ жакъа исламалъул рукнаби т1убазе квал-квал гьабулеб бук1арабани, бегьилаан джигьадалде ах1унги гьел дандеккунгут1аби т1убазаризе. Гьединал х1ужаби жакъа дида рихьуларо, щайин абуни цониги рукно т1убазе пачалихъалъ гьабулеб квал-квал гьеч1о. К1очондай буго дагъистаниязда школалда Рамадан моц1алъ лъималазда зулмуялъ, х1инкъаби кьун, лъим гьекъезабулеб бук1араб заман, балъго рузман базе росабалъ 10-15 къвалхалат рет1арал хараби рак1арулел рук1араб заман?! Жакъа гьединал х1ужаби гьеч1о, цо-цо рогьалил какде хьвадулелшинал шагьаралъул г1олохъаби вагьабияллъун рихьизарун зулму гьаби рик1к1ич1они, гьебги, закон ц1унизе тараз г1орхъолъа рорч1ун жигар бахъи ккола ва гьеб жигаралъ дандерижилъун зулму гурони бижизабуларо. Г1орхъолъа рорч1ун зулму гьабиги республикалъул прокурорасул намусалде ккола, гьесие инсанасул ихтияразул гьеч1еб агъазалъул г1аламат ккола.  

Тушманаб пачалихъалда г1умру гьабулев чи вук1инч1они, бусурман чияс я пачалихъалъе, я мадугьаласе, я росдае зарал гьаби ккола х1арамаб жолъун. Чам нухалда телевидениялда я радиоялда динияб идаралъулал раккарал экономикиял такъсиразул мунагьалъул бицун, бюджеталъул г1арац бикъиялъул ц1акъго цик1к1араб мунагь бук1иналъул бицун? Х1атта, г1илла гьеч1ого гьабураб ва ришват кьун босараб г1ажизлъиялъул (инвалидносталъул) пенсия х1алалабиш, х1арамабиш? Гьересиял кагътал гьарун 50:50 х1акимгун бикьун босараб т1абиг1ияб балагь кканилан, цоги-цоги г1иллаби рехсон пачалихъ гуккун г1арац боси шарг1алъ изну кьураб жойиш, яги гьукъараб жойиш? Магъало т1ад лъун, х1алт1и гьеч1ого хут1арав г1олиласе законалъ бихьизабураб мухь кьей бегьулеб жойиш, яги х1арамиш? Х1арам батани, т1олго районазул г1адамазда лъалеб гьеб, дибирасда лъаларогойиш бугеб? Щай ах1уларев гьединав х1аким повестка хъвач1ого чай гьекъезе жиндирго кабинеталде ваг1за-насих1ат гьабун намуслъизавизе? Чам гьединал х1арамаб хинк1алъ мехтизарурал ругел рузмабаздаги хьвадун, т1арикъаталъул “х1убалги” лъугьун, ц1огьодулеб квералъ ч1умалги сверизарун, к1игьумерчилъи х1алел?! Чам миллион гьединаз идаралдагун мажгитазде буг1араб? Гьебго заманалда, лъималазе лъай кьолел, бук1инеселъе аслияб нилъер бечелъи г1уц1улел – нилъер лъимазда т1ад х1алт1улел росдал школаби кинаб мискинаб х1алалда ругел? Больницаби, фельдшеразулгун акушеразул пунктал кин ругел? Щай садакъа бокьараз, ахираталъе (ссиялъе гуреб, АХИРАТАЛЪЕ) г1оло садакъа гьабулез кьезе бегьулареб къулг1а-нух къач1азего г1адин, школа, медпункт, больница къач1азе г1арац? Аза-азар дагъистанияв щибаб соналъ гьаб анц1гоялдаса ц1ик1к1ун соназ унел руго Х1ежалде. Лъабабизеги, ункъабизеги, анц1абизеги ине т1адаб жойиш гьеб?

Жакъа республикалъул президентасул ах1и ва гьари буго т1олго дагъистаниязде: аслияб мурад - рекъел ва республикалда х1алхьи ч1езаби, гьелъие г1оло щивав дагъистанияс жинда к1вараб кумек гьаби. Динияб идаралъул кумек гьеч1ого республикалда рекъел бук1ине гьеч1о. Амма жодода рази гьеч1елщинал вагьабияллъунги рихьизарун, рохьаздегун подвалазде г1олохъабиги т1уризарун, мац1ихъанлъиялдаги х1алт1ун, жамаг1аталги рикь-рикьизарун, питна аслияб къаг1идалъунги гьабун  (Шамхалалъул мажгиталда зулмучаг1азул къукъа бакки ва гьениб кьаби ккей) х1алт1улел жакъасел диниял чиновниказ Дагъистан ракълил нухде биччай шакаб жо ккола.  Аслиял дандеккунгут1аби руго идаралъулазулги, вагьабиялин абулезулги:

-          Зияратал гьари;

-          Рузманалда хаду къалъул как баялъул суал;

-          Мавлидал гьариялда сверухъ бах1сал;

-          Устарасда хадур рук1иналъул суал;

-          Чи хун хаду гьабулеб садакъалъулгун маг1ирукъалъул суалал, жаназа букъиялъул суалал;

Руго цо-цо г1елмуялда хурхарал суалалги, амма цониги я т1ад рехсараб, я гьел г1елмиял суалаздаса гьеч1о инсанасул г1умруялдаса т1ок1лъи бугел, би т1езе колел, зулмуялъ, х1инкъаби кьун, чара гьеч1ого пачалихъалъул кумекалдалъун рилъанхъинаризе кколел суалал. Муфтий президентлъунги вук1аравани, гьесул пикруцоязул Халкъияб собраниеги бук1арабани, бегьилаан рук1ине кколел законалги хъван, муфтиясе бокьухъе г1адлуялде, цо къаг1идаялде  рачине. Гьеб мехалдаги Дагъистаналда бук1инаан оппозиция. Атеистазулгун коммунистазул гуребги, исламиябги. Оппозиция т1аг1инаби, туснахъ гьари ва х1инкъабаз г1одоб ццвинаби ккола ахир къадги власть къолеб, инжитаб ва г1одобег1анаб къаг1ида. Кинаб бугониги оппозиция бук1ине ккола, гьеб гьеч1они власть жанисанго турула, гьелъул къадру-къимат  хола.   

 Жакъа динияб идара лъугьине ккола президентасул т1оцересел кумекчаг1илъун, рекъел Дагъистаналда бук1инабиялъе гуребги, ришватчилъи т1аг1инабиялъе, коррупциялде данде къеркьеялъе пикруцояллъун. Диналъ “нилъерав-чидарав” абураб г1орхъи ц1азе рес гьеч1елъул, г1орхъи бук1ине ккела вац вугониги, гьудул-гьалмагъ вугониги “хъубав-вац1ц1адав”, “рит1ухъав-т1екъав”. Росабалъан байбихьун, районаздаса байбихьун, Дагъистан бац1ц1ад гьабизе ккола квер хъубаздаса, ях1 т1аг1араздаса, намус бичараздаса. Нилъер кумек гьеч1ого президентасда гьеб кинабго гьабизе к1вей шакаб буго. Т1адежоялъеги, бищун церет1урал ц1огьал руго жакъа президентасухъе г1арзал хъвалел, демократия ц1унулеллъунги лъугьун. Щивав чиновникасе жамаг1аталъ кьезе ккола къимат, халкъалъ ч1вазе ккола килиш жодор би гьекъолезда ва бюджеталдаса рич1ч1ич1ого г1арац бикъулезда.  Рак1алде щола 2003 соналъул риидал Агъвали щварав республикалъул х1акимзабазул цояв, лъаг1ел цебеккун т1абиаг1ияб балагьалде ккаразе щвараб г1арацалдаса магъало бахъизе. Гьебгиха, районалъул прокурорасул кабинталдеги ах1ун бахъулеб бук1араб щивасухъан. Т1олгоязда лъалеб ва бихьулет гьеб г1орхъолъан борч1араб иш бугониги, цониги районалъул х1акимас квал-квал гьабич1о гьеб ишалъе. «Щай бихьулаго ниллъер ракьцояздаса гьаб магъало бак1аризе гьав къачагъав виччан толев?» абун дир суалалъе районалъул бет1ерас абуна «Гьеб т1асанго бегьараб квер бук1иналъ, нижеда гьабизе к1олеб жо гьеч1о» абун. Гьеб х1ужаялъул х1акъалъулъ дица хъвараб макъалаги биччач1о къват1иб, прокуратуралде хъвараб дир г1арзаги жаваб гьеч1ого хут1ана. Х1ажат бугебиш дагъистаниязе нилъ ц1унулареб милициягун прокуратура, х1ажат ругелиш нилъее нилъедаса магъало бак1арулел чиновникал? Рехсарал суалазда т1ад гурун гъуждулгун х1алт1изе бокьилаан т1олго жамаг1атал, дибирзаби, динияб идаралъул х1алт1ухъаби. Гурони, бук1инесеб кутакалда хъубаблъун ва дару-сабаб гьабизе к1олареблъун бихьулеб буго.

 («Хакъикъат», 29 июль 2006 сон)

 

Категория: РЕЛИГИЯ и статьи на аварском | Добавил: saidov-ak (23.12.2007) | Автор: Абдурашид
Просмотров: 1572 | Рейтинг: 4.3/6 |
Всего комментариев: 0
Добавлять комментарии могут только зарегистрированные пользователи.
[ Регистрация | Вход ]
Copyright MyCorp © 2024
Создать бесплатный сайт с uCoz