Суббота, 20.04.2024, 14:15Читайте, комментируйте, спрашивайте.
Главная » Статьи » РЕЛИГИЯ и статьи на аварском

дискуссия

 

БАХ1С

(«Х1акъикъат», 30 август 2006 с, гьум. 5)

Бищунго инсан иманалдеги, рах1муялдеги, ракълидеги ах1улеб дин гьоркьоб ккун дунялалда кколел ругел рагъазулги тунка-г1усиязулги бицинч1ого таниги, щай цого дин гьабулеб умматалда, миллат-халкъалда жинибцин разилъи, цоцада рич1ч1иги, рич1ч1изе бокьиги бук1унареб? Гьеб суалалъе жаваб ц1ехолеблъун бихьун бахъун бук1ана нижеца Г1. Саг1идовасул «Диналъе рац1ц1алъи- бук1инеселъе дару-сабаб» абураб макъала. Гьелдаса т1оцебесеб иргаялда рази гьеч1оан ДУМДалъул х1алт1ухъаби. Гьел ц1унунги, жиндирго пикру загьир гьабунги хъван бач1ана нижер кидагосев автор Шамил Мух1идиновасги. Москваялде т1адвуссун иналде редакциялде ваккарав Г1. Саг1илдовасе рес щвана гьелъулгун лъай-хъвай гьабизе ва чанго къоялдаса бит1ун бач1ана гьелъие жавабги.

К1иябго макъалалда руго маг1наял, жидехъ г1енеккизе бегьулел пикраби, квеш ккараб жо буго, к1иявго бах1салъулас х1акъикъат баян гьабиялдаса ц1ик1к1ун жалго ц1унизе, данде раг1и абизе, тункизабизе жигар бахъулеб бук1ин (бич1ч1ула цо къадаралъ гьеб г1аламат гьеч1ого т1убалареблъиги).

Гьединго, гьал къоязда Г1. Саг1идовасул макъалаялъе жаваб кьураб кагъат бач1ана г1алим, муфтиясул заместитель Къурамух1амад-Х1ажи Рамазановасги. ИншаАллагь, гьеб нижеца хадуб номералда лъела.

Жавабияв редактор

**********************************************************************

Гьасул мурад х1акъикъат лъай гуро

 

Гьаб соналъул 20 июлалда «Х1акъикъат» газеталда бахъараб «Диналъе рац1ц1алъи- бук1инеселъе дару-сабаб» абураб Г1абдурашид Саг1идовасул «хасаб пикру» ц1алараб мехалъ, дица г1емереаб жоялъул пикру гьабуна. Макъалаялда гъорлъ руго ц1акъ рит1а-рит1арал, лъидаго т1адк1алъай гьабизе к1оларел пикрабиги, лъик1ал раг1абазда гъолъ бахчун, х1акъикъаталдаса г1адамазул пикру цоги рахъалде буссинабизе бахъулеб х1аракатги, «х1акъикъат жинди-жиндир буго», - янги абун, Т1адег1анав Аллагьасул т1алабаздаса г1адамал жиндирго пикруялде руссинаризе бокьиги.

Гьес дунялалъул бат1и-бат1иял сиясиял ва маг1ишатиял мурадал дандеккунгут1иялъул х1асилалда ккарал тунка-г1усиялги, питнабиги Динияб идараялъул г1айиблъун бихьизабулеб буго. Щай? Гьесул мурад щиб? Гьес хъвавухъе, х1акъикъат лъазабийиш яги, мекъи ватани, х1акъаб жоялде вач1ине, кант1изе бокьийиш?

Динияб идара ккола цо-цоязе бокьанаиги бокьич1ониги, дагъистаналъул бусурбабазе нухмалъи гьабулеб цого-цо бугеб идара. Гьал ккарал рагъазулги, питнабазулги, кьалалъулги г1айиб гьезде кколеб бугони, гьез нухмалъи гьабулел бусурбабаздеги кколеб бугони, «хъах1ал маккаллъун» лъугьанаха, Америкалъ кьурал долларалги росун, Дагъистаналда питна бекьизе ярагъгун рач1арал вагьабиялги, гьез ричун росарал, пикру гьеч1ел цо-цо г1олилалги.

Г1абдурашидида лъаларогойиш бугеб нилъер умумуз нус-нус соназ гьабураб исламги Дагъистаналде данде гьабулеб питнаялдаса гьелъул халкъ ц1унизелъун ДУМДалъ киг1ан г1емер х1алт1и гьабурабалиги. Гьес «аза-азар рух1аниязде» г1айиб гьабулеб буго, коммунистияб бет1ерлъиялда гъоркь киг1ан рах1аталдайин нилъ рук1аралилан абиялъе г1оло. Гьес жиндиего суал кьолеб гьеч1о, щай гьез гьедин абулеб бугебилан. Эркенго дин гьабизеги, х1ежалде иналъеги рес щвеялдаса рек1екълъуниш бусурбаби ругел? Гьеб Аллагьасул ц1обалдаса гьел роххун руго. Роххун рук1ин бич1ч1ула, Г1абдурашид рек1екълъаниги, лъабабизеги, ункъабизеги, анц1абизеги х1ежалде унел рук1иналъ. Гьеб гуребги, Г1абдурашидилги гьесулгун пикруцоязулги жигаралъ, заман хисун раг1ула «исламиял г1алимзабазе» бокьухъин гуреб, цогидаб рахъалде. «Цогидаб» абураб раг1иялъул маг1на  «демократияб» абун бич1ч1изе кколеб батилаха? Щайха бусурбабазда доб советияб заманалъул зах1малаъаби к1очон тарал? «Гьезда к1очон буго инсанасул ихтияразе бук1араб мукъсанлъи», - ян хъвалеб буго гьес.

Гьездани дагьаб цебег1ан бук1араб к1очон буго, Г1абдурашидида щай к1очараб хадур рач1арал «демократаз» щивав чиясул чвантиниса, ай сберкнижкабаздаса г1арацги лъуг1изабун, бугебщиналдаса г1адамал мах1рум гьари, ваучералилан, гьереси кагъталги кьун халкъ махсароде кквей, 10-20 процент халкъалъухъе улкаялъул бугебщинаб бечелъиги сверизабун 80-90 процент халкъ зах1матаб х1алалде ккезаби.

Цоял къват1исел пачалихъазул курортаздаги ч1инк1иллъабаздаги, виллабаздаги рах1ат ва кеп босулел ругеб мехалъ, цогидал, маршруткаялъухъги чадихъги кьезениги моц1рол харж г1езабулел руго. Бит1араб буго, инсанасе ихтиярал щвана гьардухъанлъиялъеги, рощнол гох1ал рищни-къул балел ящикал хъирщизеги, х1алт1и гьеч1ого лъаг1елаз сверизеги, рукъ гьеч1ого къот1нор хут1изеги. Г1абдурашидидаги рек1елгъеялъе телевизоралдаса бах1сал гьарулел депутатаздаги гьел бусурбаби рич1ч1уларо.

Гьел дуца рехсолел доб заманалъул г1унгут1аби, рук1арал жал руго, амма жакъасеб къоялъул х1акъикъаталъ, доб алжан бук1анин ккезабулаха г1емерисеб  халкъалда.

Дуцаго абухъе, «рух1ияб» рахъалде раккизин.  Пикруялда ва диналда хурхарал законал, камилал гьеч1ел ратаниги, рахъун руго. Дин гьабизе ихтияр кьей, гьеб закон ккола. Какил чан ракаг1ат базе кколебалиги рузманалда хадуб къаде как балищалиги, цогидалги Г1абдурашидица рехсолел суалазе законал шарг1алда рахъун ругелъул, х1укуматалъ гьел рахъизе кколаро. Идараялъги законал рахъуларо, Т1адег1анав Аллагьасги, Аллагьасул расуласги (сг1в) рахъарал законал Идараялъ халкъалъухъе щвезарула ва гьезда рич1ч1изарула. Гьел Г1абдурашидил пикруялде данде кколел ратич1они, гьеб гьесул иш буго. Аллагьас ургъараб исламги шарг1ги Г1абдурашидил пикруялда данде кколеб батич1они, Г1абдурашидие гьеб пикру хисизабуни лъик1аб бук1ина.

Тохтурзабаз абула, гьаб квен г1емер кванагеян, яги гьадинаб пихъ, г1урдах1ан загьруяб бугин, гьаб кваназе лъик1 гурилан. Гьезда божич1ого гьеб кванани, жаваб жидецаго кьеларищха. Динияб идараялъги абулеб буго гьадинаб т1ехь ц1ализе г1емерисев чиясе заралияб бугилан. Гьедин абунилан, гьезулъ тушманлъи г1акъло бугев чияс гьабизе ккелишха? Ц1алани ккараб заралалъул жавабги ц1аларас кьеларишха. Масала, дица абулеб буго, педагог х1исабалда, ц1алдохъанасе жиндие дарс кьолев учитель вокьизе ккола, хасго г1елмуялъул суалазулъ хасго гьел эбел-имсудасаги гьел учителасухъ г1енеккизе кколаян. Дида гьениб такъсир бихьулеб гьеч1о. Гьеб бит1араб буго.

Амма, суффизмги бич1ч1уларел, устар щив, мурид щивалиги лъаларел г1адамаз, муридазда г1айиб ч1валеб буго жидерго рух1анияв учитель вокьунилан.

Вокьуларев учителасдасан, устарасдасан пайда дагьаб бук1унеблъиги бич1ч1изе ккелариш пикру гьабулев чиясда. Пикру гьабизе лъиего гьукъун гьеч1о. Т1адег1анав Аллагьас инсан гьеб гьабизе т1амун вуго, амма вас-васалда бугеб, гъалат1 ккезе бегьулеб суал, дир пикру гьадинаб бугин хъвач1ого, лъалесда гьикъун баян гьабуни лъик1аб бук1инародай? Динияб идараялда Г1абдурашидида дандч1варал г1адамазги, живго Г1абдурашидицаги г1елму абураб раг1иялда гъорлъ лъун руго бат1и-бат1иял маг1наби. Г1абдурашидица г1елмулъун рик1к1унеб буго г1иц1го жинца  ц1аларал дунялалъул г1елмаби, Динияб идараялда гьесда дандч1варас г1елмулъун Аллагьасдасан рач1арал диниял г1елмаби рик1к1ун руго. Киналго г1елмабазул г1алимлъун вахъине зах1матаб жо бугелъул, гьениб цоцада бадибч1ваялъе нух батун буго. Г1абдурашид гьезухъе гьел рич1ч1и мурадалда ун гьеч1о, гьезие жиндирго т1адег1анлъи бихьизабизе ун вуго. «Кидаллъаг1ан аза-азар дагъистаниял руц1ц1ун ч1езе ругел? Руц1ц1ун ч1аралг1ан гьездаги ккезе буго, жал гурони г1алимзабиги, дунялгун т1абиг1ат лъалелги гьаб ракьалда гьезего гьеч1ин абун. Заман щвеч1иш гьаб ах1макъаб пикруялъе жаваб Нури Г1усмановас ва цо-цо журналистаз гуребги, т1олабго интеллигенциялъ кьезеги. Гьеб жаваб кьезег1ан питнаялъе ахир бук1ине гьеч1о», - ян хъвалеб буго Г1абдурашидица ва «аза-азар рух1аниязде данде» рахъине ах1улел руго «аза-азар дагъистаниял», ай, интеллигенция. Гьеб дир пикруялда питна ккола. Маслиг1ат бук1инаан «аза-азар интеллигенциялъ», «аза-азар рух1аниязда» интеллигенциялда лъалеб г1елмуги лъазабун, цоцада рич1ч1улеб х1ал гьабуни, г1умруялъул сонал арав г1алимчи Нури Г1усмановги байрахълъун цеве къот1ич1ого, гьевги мустах1икъаб х1алхьиялда тани. «Дун ислам раг1а-ракьанде щун лъалев чи гуро» - ян абураб Г1абдурашидил раг1абазда божизе бач1уна гьес хадуб хъваралъул пикру гьабуни.  

Къокъ гьабун абуни, Г1абдурашидил пикруялда рекъон, коммунистаздаги, идараялъулаздаги, гьезда данде ч1араздаги, к1очон толеб буго нилъ светияб пачалихъалда рук1ин. Дир пикруялда гьеч1о. Гьезда лъалеб буго светияб пачалихъалдаги жидерго дин, идеология рит1ухъ гьаризе бах1сал рук1унеблъи. Гьел гьарулелги руго. Г1абдурашидида гьеб питналъун бихьулеб буго, бихьизе бокьун бук1инеги бегьула. Бит1араб буго, дин т1аса бищизеги, т1арикъат босизеги, босич1ого тезеги ихтияр щивасул буго. Щивас Аллагьасда цебе жавабги кьезе буго. Гьединги бугеб мехалъ, Аллагьас аварагги (сг1в) гьоркьов ккун, исламияб дин решт1анин, гьеб х1акъикъиябги бугин, Аллагьасде г1агарлъизе бокьарасе т1арикъаталъул нухги лъик1аб, бигьаяб бугин г1алимчияс аби х1инкъи бугеб жолъун щайха бихьизе кколеб?

Муг1алимго гьеч1ого тохтир вахъинги къанаг1атаб жо буго. Муг1алимас, устарас малъараб динги нухги г1емерисев чиясе х1ажат бук1унин, живго лъик1ав лъугьун лъазабиялъулъ мукъсанлъи бук1унин аби бегьулареб жойиш? Яги т1арикъаталда ругез гьабулеб дин Конституциялда данде кколареб, Г1абдурашидица гьабулеб кколебищ бук1унеб? Конституциялда данде ч1арал бусурбаби жакъа Дагъистаналда гьеч1о, ругел ратани гьел пачалихъ ц1унизе тарал идарабаздаги лъала. Гьединлъидал, аза-азар бусурбаби Конституциялда данде ч1араллъун рихьизари лъие х1ажат бугеб? Г1абдурашидида бич1ч1улареб жо буго, инсанас жиндирго динлъун ислам т1аса бищани, гьес жиндего Аллагьас т1ад лъурал ишалги т1уразе, аварагасда нахъги вилълъиине т1аде босулеблъи. Гьеб мехалъ кинха гьесул ихтияр бук1унеб «рузманалде  инеги, инч1ого вук1инеги, ун хадуб жиндие бокьараб ва жинца (Динияб идаралъ гуреб, г1алимзабаз гуреб – жинцаго) бит1араблъун рик1к1унеб х1алалда парз т1убазеги? Динияб идаралъги г1алимзабазги Алагьасдаги, аварагасдаги нахъ рилълъун гуриш дин малъулеб бугеб? Гьезда данде ч1езе ва жидеего рак1алде кковухъе дин гьабизе бусурбаби ах1и питнаялде ва ислам хвезабиялде ах1и кколариш?

Динги раг1а-ракьанде щун лъалеб гьеч1они, лъалезухъ г1енеккизеги бокьулеб гьеч1они, гьеб кин бич1ч1илеб?

Жиндирго макъалаялда Г1абдурашидица идараялъул х1алт1уе къимат кьолеб буго Москваялдаги вук1ун, гьесухъе мац1ихъабаз щвезабураб куцалда, гьезда малъарулев вуго гьезул х1алт1иги лъач1ого. Гьесда квеш бук1ун буго, рес бугелги чиновникалги рузманалде ин, гьез идараялъеги мажгитазеги кумек гьаби. Гьес киналго исламалъе кумек гьабулел ресалда ругел г1адамал рик1к1унел руго «ц1огьодулеб квералъ ч1умалги сверун к1игьумерчилъи х1алеллъун».

Аллагьасда гуреб борцине к1олареб амру т1аде босулеб гьеч1иш Г1абдурашидица. Гьединал лъалел ратани, гьедин хъвалеб яги бадибе абулареб щай, г1амм гьабун киналгоян ах1ич1ого. Г1абдурашидида лъач1ониги, школазе, больницабазе кумек гьабулел бусурбабиги руго Дагъистаналда.

Бит1араб буго, оппозиция камун г1умру бук1унеб гьеч1о. Амма исламалъе бугеб оппозиция, гьеб Аллагьасде данде ч1араб оппозиция ккола ва Дагъистаналъул унтаби Москваялдаги рук1ун сах гьаруларо.

Гьаб Г1абдурашидил макъала Динияб идараялда рак1 хун ва х1акъикъат мекъи сверизабизе бокьун хъвараблъун гуреб батани, Динияб идараялдаги бич1ч1изабизе, цо кинаб  бук1аниги лъик1аб жоги гьабизе Дагъистаналда щай гьев ч1оларев? Яги «Исламияб партияги» г1уц1ун ислам мекъи нухде бачине гьабураб х1албихьиялъул х1асил ккеч1еб мехалъ, жинда нахъ рилълъинч1ел дагъистанязда ццим бахъун хъвараб макъалацин гурищ гьаб кколеб?

Ш. Мух1идинов

Категория: РЕЛИГИЯ и статьи на аварском | Добавил: saidov-ak (23.12.2007) | Автор: Ш. Мухидинов
Просмотров: 1207 | Рейтинг: 1.0/7 |
Всего комментариев: 0
Добавлять комментарии могут только зарегистрированные пользователи.
[ Регистрация | Вход ]
Copyright MyCorp © 2024
Создать бесплатный сайт с uCoz