Четверг, 18.04.2024, 20:18Читайте, комментируйте, спрашивайте.
Главная » Статьи » РЕЛИГИЯ и статьи на аварском

дискуссия

«Вач1инахъего инсан Аллагьас ЭРКЕНАВЛЪУН вижанин вук1ана дун»

(«Х1акъикъат», 30 август, 5 гьум.).

Рехсараб макъала хъваялъул аслияб мурад бук1ана газет ц1алулел пикру гьабизе т1ами. Гьеб мурад, Ш. Мух1идиновас абухъе, т1убан бугин ккола. Амма кибехун пикру  сверизабизе дие бокьун бугеб - Т1адег1анав Аллагьасул нухдарейищ яги гьелдаса нахъейищ дица ц1алел ругел – щивав виччанте ургъизе. Мух1идиновасда ккун бугоха дин гьабизе ихтияр кьей дие кьог1лъун бугилан. Жакъасел «ц1орораб лъималъухъ кьезе г1арац гьеч1ел», «щивав чиясул чантиниса г1арцалги рахъун», «ваучералги т1ирит1изарун халкъ махсароде кквеялъул» ва цогидалги г1узраби рехсей дида ч1валеб г1айиб батани – бокьилаан нилъеца рищарал нилъерго депутатазда гьикъизе: «Щай нуж гьадин пакъирлъиялда нижги тун «бат1иял пачалихъазул курортазда» кеп кьабг1улел ругел, Аллагьас киназего г1ахьал гьарун кьурал маг1даналги, нартги ва гь.ц. ножоца ножоего ккун ругел?» - абун. Анц1-анц1 нухалъ Х1ежалде унезеги кьезе ккела гьебго суал: «Къеч буссинабизе рес гьеч1ел диналъул вацалги рук1ахъе тун, кинг1аги ножеда к1олеб суннатаб гьеб ишалъе щибаб соналъ аза-азар доллар харж гьабизе?»-ян. (Цо сордо-къоялъе Маккаялда гостиницалъухъ 7000 доллар кьолелги «х1ажизаби» руго гурищ нилъер гьаб бакъулаб  Дагъистаналда!  Бищунго дагь гьабун  Х1ежалда балеб 15 сордо-къо кьабе анкьазаргоялда. Гьеб ккола 105 000 доллар. Макка-Мадинаялъухъ урхъарав г1одовег1ан 50 муъминав мискинчи къеч буссинабизе доб Замзамалъухъе щвезавизе бегьилаан гьез). Х1урматияв гьалмагъ ва педагог Мух1идинов,    дие гуро, гьезие кьезе ккела дуца суал: щай доб советияб замана алжанияблъун бихьулеб бугеб чанги дагъистаниясда ва щай гьез (х1ажизабаз, депутатаз, министраз) гьеб пикруялде халкъ бехъерхъараб? Щибаб соналъ ине т1адаблъунги гьабун гьеч1елъул, анц1го нухалъ самолеталда инч1ого, цох1о  нухалъ лъелго иналъул ва т1олго сардал Х1арамалъул ч1арбида  рогьиялъул даража ц1ик1к1араб бук1инародай?

Дие  динияб идараялъул ишал ва пикраби рек1ее г1олел ратич1они, дица дирго пикру хисизе бегьилин хъвалеб буго дуца. Гьелъул маг1на кколеб бугоха дин хисизе бегьулин абураб (Астагъфируллагь!). Гьедиг1ан ц1акъ демократиялъул рахъалъ идара цебет1ун бук1ин дида лъалеб бук1инч1о. Вабабай, балагье бусурман чияс бусурман чи гьусулев вугеб бак1алъухъ! Гьелъул ва  гьеб пикру хисиялъул цо-цо лъик1ал г1аламатазул х1акъалъулъ дица  гьаб хъвай-хъваг1аялъул ахиралда бицина.

     Гьанже рач1инин дол дур «хъах1ал макказде». Сиясиялгун маг1ишатиял мурадал т1олго Россиялда 1999 соналда киса кирего цогоял рук1ана, амма би т1еялде ккеч1ого Дагъистан хут1ич1о. Гьебги диналъул суалал сабаблъун ккана. Шарг1 билъанхъизабизе гурищ Ц1умадегун Болъихъе нилъер диналъул вацал рач1арал? Дица гьикъулеб буго -нужер пикруялдаги дозул пикруялдаги ШАРГ1 бат1и-бат1ияб батиялъе г1илла щиб? Росдал учителасищ, яги шагьаралда вугев инженерасищ шарг1иял суалазул рахъалъ гьал рит1арал ругин, дол т1екъал ругин килишги бит1ун рихьизаризе кколел? Щай нужоца (жал г1алимзаби кколин жодерго зараз жодерго курмул рухулез) гьеб суал т1олго Дагъистан гьаргьадизабизе т1амич1ого т1убазабич1еб? Гьелъие жибго Шарг1алда жанир гурищ киг1ан рокьаниги ресал кьун ругел?

    Гьанже «Хъах1ал макал» кколел раг1улаха нуж, идараялъулал… Гьеле гьелда хурхун батизе ккола, «Аллагьасда лъала, дида лъаларо»,-ян   хъван буго  гьунар т1ок1ав аваразул цо шаг1ирас.

     Диналъул рукнаби т1орит1иялъе законал х1ажалъуларо абураб дир каламалда данде «дин гьабизе ихтияр кьейги закон ккола»,-ян хъвалеб буго дуца, гьалмагъ Мух1идинов. Валлагьилг1азим, раг1унцин бук1инч1о гьединаб законалъул х1акъалъулъ.  Х1алч1ахъаги дур. Баркала дарсихъ! Гьеб закон бахъизег1ан как-к1ал т1убач1ого хут1аразда гурх1ич1ого чара щиб гьанже? Вач1инахъего инсан Аллагьас ЭРКЕНАВЛЪУН вижанин вук1ана дун. Эркенаб пикруги гьеб пикру загьир гьабизе бугеб ресги кколин г1ат1идал ихтияразузул нухда бугеб пачалихъалъул  г1емерал г1аламатаздаса цоябан малъулаан дидани  ч1ах1иял г1алимзабазул т1ахьаз….

     Учителасде  бук1ине кколеб рокьулги  буго дуца бицунеб. Даг1ба гьеч1о, учителасул адаб гьабизе  ккола, амма рокьи эбел-инсуде г1адинаб цогиязде бук1ине рес гьеч1ин ккола дидагони. Гьеб гуребги, т1оцебесеб иргаялда Аллагь вокьизе кколаян гурищ Къуръаналда хъван бугеб? Учительзабиги бат1и-бат1иял рук1унелъул, «г1елмуялъул суалазулъ хасго гьел (ц1алдохъаби) эбел-инсухъалдасаги учителасухъ г1енеккизе ккола» абурал дур раг1абаз дида рак1алде щвезавуна дов тараш Павлик. Т1аса лъугьа, дуда тункизе бачараб мисал гуро дир гьеб…  Рук1ана дирги бат1и-бат1иял учительзаби. Киданиги к1очене гьеч1о дие химиялъул дарсал кьурав Агъвали школалъул муг1алим Ах1мад Х1амзатов. Исламалъул роценазда рекъон гьесие къимат кьезе лъугьани, гьесул рахъалъ абизе жо дагьаб батила. Амма гьесг1адин жиндир дарс рук1к1алиде щун, киназдаго бич1ч1уледухъ, берцинго ва г1ат1идго малъулев учитель доб заманалда Дагъистаналда вук1ин шакаб жо ккола. Исламги адабиятги рекъарав, рат1лилъги г1амалалъулъги берцинав, раг1и гьуинав, авар мац1ги адабиятги лъик1 лъалев ва гьелде нижелъги рокьи бижизабурав, мунагьал чураяв  Мух1амадт1агьир Г1алиев. Гьанибго бицизе кколеб буго дунго кинго т1ад рекъезе к1олареб жоялъул х1акъалъулъги. Х1урматияв г1алимчи (динияб рахъалъги, медициналъул рахъалъги) Абубакаров Хасмух1амадил х1акъалъулъ т1ехьги биччарав,  авар мац1алъул учительлъунги х1алт1арав Гьонодаса Каримуллагьица рагьун хъвалеб буго: жинцадила дарсазда  лъимал т1амулел рук1анила… Къуръаналъул сураби рек1ехъе лъазаризеян. Авар мац1алъул бак1алда Къуръанги малъун лъолаанила жинца къиматал. Гьединлъидал гуродай жакъа авар мац1алда г1урус раг1и х1алт1изабич1ого г1адамазда цере рахъун к1алъазе к1олел х1акимзаби т1аг1арал? Гьединлъидал гуродай аваразул бечедаб болмац1алда рек1елъеги г1адалъеги бортуледухъ ваг1за-насих1ат гьабизе бажарулел будун-дибирзаби телевидениялдани киса, мажгитаздацин кан бакун ралагьаниги рихьулел гьеч1ел? Гьединлъидал гуродай жакъа рахьдал мац1алда ругел т1ахьал ва газетал первоклассниказ г1адин гурони ц1алун бажарулареб авар ИНТЕЛЛИГЕНЦИЯ бижараб?  Гьабищ нужор мурад? Рахьадал мац1 лъалареб интеллигенция – гьеб ккола беццаб, рекъаб, г1инкъаб г1адатияб руккел. Аллагьасе рецц, жакъа президент Мух1у Г1алиевас к1вар кьезехъин г1адин буго рахьдал мац1ги  адабиятги  ц1илъизабиялде.

     Макъалалда рехсараб идараялъулазулгун гара-ч1вари ккана лъабго соналъ цебе. Гьебшинаб мехалъ дун сабруялда г1енеккун ч1ана, дие бокьун бук1инч1о рагьун гьаб суал борхизе –  хьул бук1ана гьез жидерго иш-пища гьабиялъул къаг1идаби хиса-басизарилин. Амма киг1ан заман бахъаниги гьел добго-добалдаса кьурич1о. Гьале гьелъие г1емераздаса босараб цо х1ужа. Гьебгиха сон-церекъадцин нилъер киназулго гьал беразда бихьараб.  Цебеккунго милицаялги гьезда цадахъ г1унк1рукьазул щук1дузда рат1ал бугел  г1емерал г1олохъабиги рит1ун, Шамхалалда мажгиталъул дибир нахъе вачахъи. Х1асил кинаб ккараб? Кьвагьдей, би т1ей! Гьаб жакъаги микьго-ич1го гуллаги щун Магьди-х1ажи больницаялда вегун гурищ вугев? Шамхалалъул жамаг1атги  гьанже к1ибикьизабун буго…  Гьаниб цо суал кьеч1ого ч1езе кинго к1олеб гьеч1о дида:  щай ва лъие гьеб кина-шинабго къвариг1араб, мурад щиб?! Яги, дуцаго абухъе, гьабги нужор бах1сздаса цоябиш?

      Гьанже вуссинин  доб «пикру хисиялъул» суалалде. Кидаго гуро гьеб бегьулареб жолъун рик1к1унеб. Масала, кьер хисич1ев  аллагьеч1 (атеист) тавбуги гьабун диналде вуссин ц1акъ беццун буго Къуръаналда. Гьеб цо. К1иабилеб, Мух1идиновас нахъе-нахъеги борхулеб буго дир «пикру хисиялъулги» доб Исламияб партия  г1уц1иялъулги суал. Гьале дир къокъаб  жаваб. 1989соналъ  дун щвана мунагьал чураяв Абубакаров Саг1идмух1амадихъ гьабулеб  бук1араб  данделъиялде. Гьенив партия г1уц1иялъулги гьелъул программаялъулги бицун к1алъазе вахъун хадуб Абубакаров Хасмух1амадидаги цойгияздаги дица гьарана: «Московалдаги ч1ун партиялъе бет1ерлъи гьабун дида бажаруларо, дир бак1алда тезе гьанисаго чи валагье»,-ян. «Гьаниб минаги босила дуе, къвариг1анщинабги ч1езабила»,-ян абуна гьез, амма дица гьезул гьари къабул гьабич1о. Гьеб мехалъ к1алъана мунагьал чураяв Сулейманов Мух1аммадида. Депутатлъиги, тохтурлъиги, диагностикалъулаб централъе нухмалъиги… гьанже  гьеб партияги т1аде босизе  жиндир х1ал г1оларилан гьесги инкар гьабидал, данделъиялъ дида абуна гьебго суалгун мун Суракъатихъе ваккеян. Лъалхъич1ого ун  университеталда бугеб гьесул кабинеталде жанире лъугьана дунги,  Шанавазовги, Гьаквариса Микатовги. Документазул хал-шал гьабулаго, гьенир Ленинил х1акъалъулъ мах1ги берцинал гурел раг1аби  ратигун, Суракъат квешго цидахана, жиндирго  рокьоб г1анасеб  килишги диде хьваг1езабулаго, гьес  ц1акъ хъач1го абуна: «коммунист ккола, ле, дун! К1удияв Ленин тиран вук1анин абизе к1варав, щив чиг1аги мун кколев? Валълъа, гьал дурго кагъталги рак1арун, гьаниса нахъе т1аг1а!»,-ян. Нуц1ил к1алт1е щварав дун нахъ вуссинавуна гьес. Хъач1го к1алъаялдаса рек1екълъунг1аги гуродай гьаван бижараб дир хьулалъеги гьенибго ахир лъуна гьес: «Цо гьари буго дир. Гьал кагъталгун дихъе щвараблъицин лъиданиги дуца бицунге, дие дур г1ала-гъважа сабаблъун  х1алт1удаса мах1румлъизе къвариг1ун  гьеч1о!». Дун дирго «г1ала-гъважаги» бак1а-бахарун гьениса нахъе ана. Аллагьасе рецц, дица г1уц1араб партиялъулазул х1аракаталдалъун, чамги рак1бац1ц1адго х1алт1арал диналъул вацазул – мунагьал чураяв Саг1идмух1амадил, Эндиреялдаса Саг1идах1мадил, Гъизилюрталдаса Х1усен-Апандил, Жунгъуталдаса Арсанг1алил, шаг1ир ва жамг1иявгун-сиясияв х1арактчи Адаллол ва г1емерал цойгиязул жигаралдалъун нус-нус  дагъистанияз коммунист-партбилетал рехун тана ва пикру хисун, лъик1алде сверана. Цох1о гьелъие г1олоцин Исламияб  партия г1уц1и г1адада ккеч1ин тола дица. Гьеб г1уц1иялъул ишалъулъ  квербакъаралщиназе рак1-рак1алъ к1удияб баркалаги кьун, дун диего бокьун 1993 соналъ  нахъе ана ва дирго хъах1аб халг1аталъулъе вуссана. Вассалам, вакалам!

       Г1абдурашид Саг1идов

      P.S. Хадубги, (дагьаб хут1ана к1очонтезе) – жакъа доб партия Суракъатил бет1ерлъиялда гъоркь буго.

Категория: РЕЛИГИЯ и статьи на аварском | Добавил: saidov-ak (23.12.2007) | Автор: Абдурашид
Просмотров: 1506 | Рейтинг: 5.0/6 |
Всего комментариев: 0
Добавлять комментарии могут только зарегистрированные пользователи.
[ Регистрация | Вход ]
Copyright MyCorp © 2024
Создать бесплатный сайт с uCoz