Пятница, 26.04.2024, 01:29Читайте, комментируйте, спрашивайте.
Главная » Статьи » РЕЛИГИЯ и статьи на аварском

дискуссия выступление Тагаева на страницах газеты "Ассалам"

Ц1унизин диналъул бац1ц1алъи

(Сентябрь моц1алъул «Ассалам» газеталдаса)

 

Хириял диналъул вацал ва яцал! Байбихьизин ТIадегIанав Аллагьасдасан кумек гьарун. 20 июлалъ «Х1акъикъат» газеталда бахъараб "Диналъе рац1цIалъи -бук1инеселъе дару-сабаб" абураб макъала цIалараб мехалъ, цин пикру гьабуна хIапданщинаб гьоялда тIил кьаби битIараб букIинадаян. Хадубги ургъидал, диналда цIал кьабулев чиясде кIалъачIони дун щивдай ккелаян (дидаго кьабуралъе жаваб кьезе мустахIикъаб батаниги) пикру бачIана ва гьелъул зараралдаса цIуниялъул мурадалда жаваб хъвачIого бегьиларилан. Дунги сон хIалтIизе вачIарав чи гурелъул, Идара-ялда ва сверухъ бугеб жо лъаларев чи гьечIелъул. Бищун цебе абизе бокьун буго гьеб макъала "цо кIодоца бицана-ян" абураб гIурусазул абиялда рекъараб бугилан, Гьелда тIадеги цоги чиясда гIайиб чIвалелде цебе, цин хIакъикъат лъазе ккела, хадуб гIайиб чIвалев жиндихъго валагьизе ккела, живго жинда гIайиб чIвалесдаса лъикIавги вацIцIа-давги вугодаян.

Рак1алде рачIана, Динияб идараялде х.1алт1изе лъугьун хадув магIарухъе щведал, цо лъикIав диналъул вацас дидаго абурал рагIаби: "Ле, дир вац, Ах1мад! КIочон тоге дуда тIад хъах1аб ретIел букIин, хъахIаб ратIлида лъураб гьитIинаб тIанкI рикIкIаде бихьула, хIарщул цIураб, чIегIераб ратIлида баханиги, бихьуларо; гьелъул миллат гьабулев чиги вукIунаро", -ян. Гьел рагIабазул ритIухълъи щибав жиндихъ-го валагьулесда цIакъ лъикI лъала. ГIайиб чIвай цIакъ бигьаяб иш буго, гьелъул жаваб киндай Аллагьасда цебе кьелаян ургъичIони, ай гьелъул ургъел гьечIев чиясе. Дидани ракIалде ккола гьедин пикру гьабулев чияс гьадинаб макъала хъвазе рее гьечIилан. Амма щиб л'ьалеб, ГIабдурашидида Москваялдасан лъикI бихьулеб батизеги бегьула гьаниб бугеб ахIвал-хIал. Макъалайин абуни буго, жинда абураб рагIиги хIехьезе кIвечIого, жив лъица бугониги рагIи абу-лев чийищилан абураб пикруялъ хъва-раб. Гьелъие нугIлъиги гьабулеб буго живго ГIабдурашидил рагIабаз: "Кин бугониги, гьаб нилъер хIурматияб "Х1акъикъат" газеталъул гьурмаздасан гара-чIваричIого чIезе ракIалъ дун толев гьечIо". Гьелъ гьединго нугIлъи гьабула гьев жиндирго нафсалда (аи кве-шалдалъун амру гьабулеб), кверщел гьечIев чи вукIиналъе. Гьесул баккулеб гьечIо пикру, гьаб макъалаялъул пайда-дай цIикIкIараб букIина исламалъе, гIадамазе ва Дагьистаналъе, заралдай, щиб хIасилдай гьелъ кьелаян абураб. Ургъизинха макъалаялда тIад.

"Диналда хурхарал суалал х1аталдаса ун лъикI лъалел", тIасан рорчIун "чIахIиял" гIалимзаби гIемерлъиялъ, гьаб ахираб 10-15 соналда жанир гIезегIанго тунка-гIусиял, питнаби вабитIеялдещва-рал дагIба-раг!иял ккеялъе Динияб ида-раялда гIайибго гьечIеб гIадин кIалъалел руго гьанже цо-цо гьенир хIалтIулел", -ан хъвалеб буго макъалаялъул бет1ералда. Ай гьел тунка-гIусиязулги, питнабазулги, би тIеялде щваралдагIба-рагIиязулги гIайибиял руго Динияб ида-раялъул х1алт[ухъаби, гьенир хIалтIулел ругел "чIах1иял, х1аталдаса ун лъикI" диниял суалал льалел гIалимзабиян гурого, кин гьаб макъалаялъул бетIер бич1чIизе рес бугеб?

Би тIеялде щвараб даг1ба-рагIиги, дидалъалеб, вагьабияз багъарараб питна гурони, бук1инчIо. Дуца абухъе, гьелъул гIайибиялги кколел руго Динияб идара-ялъул хIалтIухъаби. Дида гьедин бичIчIана гьел рагIабазул магIна, гьедин бич!аралги, цохIо дун гуревги, гIемер руго. Г!орхъолъа араб хIукму къотIулеб гьечIодай гьав "судияс"?! Жинцаго хъвалеб букIахъего, живго ГIабдурашид гьечIодай "жиндирго хIакъикъатги" ки-набго кквезе рес бугебщинаб лагаялъ ккун, т1ир-тIирун чIун? "Х1акъикъат лъай ва гьеб хIакъикъат тарихалда хутIи - гьеле дир мурад", - ан хъвалеб буго авторас. Ц!алараб мехалъ, макъалаялъул мурад, «ГIабдурашидил х1акъикъат» та­рихалда хутIи бугеблъи бихьула. ГIелму лъаларев чияс гIалимзабаз гьабулеб жо какиялъул магIна бичIчIуларо. Диналда хурхарал суалал жиндаса дин батIа гьа-бураб х!укуматалда законал рахъиял-далъун тIуразаризе рее гьечIилан хъва­леб буго Г1абдурашидица. Гьелда бан бачIунеб буго суал: лъица гьукъун вугев Г1абдурашидва гьединаб пикру бугел ис­ламалъул хIукъукъал тIуразеги, бусур-бабилъунги рук1ине. "Какил чан ракагIат базе ва кирехун ралагьун гьеб как базе кколебали закон кин бахъилеб? Базе кколебищ рузманалда хадуб къаде как, кколаребищ - гьелъие законалда стать-яйищ рагьилеб?" -абун хъвалеб буго ав-торас.   Лъил Къуръаналъул таржама цIализе бегьулеб, лъил бегьулареб, кинал тIахьал цIалун лъикI, кинал цIаличIого лъикI валъил т1ахьалц1ализего бегъуларел?

- лъица гьеб сияхI хъвалеб ва законалдалъун тасдикъ гьабилеб?"-ян суал лъолеб буго Г1абдурашидица. Гьел суалал руго дуда лъалареб батани гIалимзабаз халги   гьарун,   дандги   бан,   бегьибегьунгут!иялъе  хIужабиги  рачун, хIукму тасдикъ гьабулел суалал, щайгурелъул Къуръаналъул амру бугелъул льаларел лъалезда нахърилълъине кколилан ва лъаларез лъалезда гьикъизе кколиланги. Гьедин гьабун хадуб щибав гьел г!алимзабазулалдаса гIелму цIикIк1арав гьелъие жиндир хIужабиги ругев чи тун нахъиял бусурбабазда тIалъула гьелда нахърилълъине.

Гьеб хIукму мекъи гьабун бук!иналъе хIужаби ратаниги, гьездаги тIалъула гьеб суал гIалимзабазда гьоркь-обги лъун мекъи букIин чIезабизе, чIезабизе кIвечIони гьабураб хIукмуялда нахъ рилълъинеги. Ай гьеб сияхI хъвалеб къагIидаги, законалъул статьябиги церего руго Г1абдурашидида лъалеб батичIониги. "Аллагьас ц!унаги цогидал ихтияралги ресалги гьезухъе кьунани" (аи Динияб идараялъухъе), -ян хъвалеб буго Г1абдурашидица Динияб идараялъул хIакъалъулъ Алх1амдулиллагь абун Аллагьасе реццги гьабун. Гьанже нужго ургъеха, кинав бусурманчиха кколев гье-дин абулеб чи? ГIабдурашидил пикруялда Динияб идара кколеб буго дин хвеза-булеб г1уцIи. ГIабдурашидиеги гьезда релълъаразеги дин хвезабизе биччачIого букIиналъе цIикIк1араб хIаракат бахъулеб букIиналъ гуродай гьадигIан цIакъ рихун бугеб гьесда динияб идара?!

"Л. Толстоясулги Н. Г!усмановасулги тIахьалго гIадин цIадулъе реххун рухIизе кколезул сияхIалда лъелаан гьез жидер-го пикру хадуб гъоларебщинаб жо", -ян хъвалеб буго нахъеги макъалаялда. Гьав Толстоясул суалгIаги лъица борхун букIараб, Н Г!усмановасул Къуръаналъул таржамаялдаиин абуни риччан руго инсан капурлъулел нус-нус гъалатIал. Гьелъул хIакъалъулъ Къурамух1амад-хIажияс хъвараб тIехьги (иншаАллагь) кватIичIого басмаялда бахъила. Г!усмановасул гьеб таржамаялъул рахъ-кквеялъги нугIлъи гьабулеб буго Къуръ­аналъул магIна, жиндаса т1адегIанаб жо гьечIеб Аллагьасул Калам букIин Г1абдурашидида лъалеб гьечIолъиялъе. "Цо тIехьалда батана", "ГIемерал гIалимзабазда гьоркьоса цояс абуна", "цоясул шуршуди рагIана" ва гьединал раг1аби релълъуна "цо кIодоца бицуна

- ян" абун гIурусаз рицунел абундачазул байбихьйялда. Ц1ар гьечIев инсанги гьечIого, хъварав чиги гьечIого, гьес хъва­раб тIехьалъул гьурмазул сияхIги гьечIеб тIехь букIунаро, ГIабдурашидида ратун ратани гьединал тIахьалги гIадамалги гьел рихьизаризе ккелаха, гьел цогидаздаса кин ратIа рахъизе лъалелагиги баянги кьун.

Цо жиндирго пикру хадуб гьолареб дандекквей раг1арабго, Г1абдурашидица абулеб буго: "Дун дур диналъул чи гуро, дир дин дагьаб батIияб буго"-ян. Гьелъ нугIлъиги гьабулеб буго гьесда гIараб мацIалда ругел пасахIатал дандекквеял вагьабиязда Къуръанг1ангицин ричIчIулел гьеч1олъиялъе ва гьев гIалимзабахъ гьечIеб диналда вукIин. Дудаго лъалареб жоялъул хIакъалъулъ хъвадаругеян, аи исламалде дандекколарел жалги хъван, исламалъул хIакъалъулъ макъалаби хъва-геян гIалимчияс абизе бегьулеб гьечIо гьесие. Гьесда лъалеб гьечIо гьеб макъалаялда хъвараб мекъаб жо битIараблъунги бихьун цониги чи гьес­да нахъвилълъани гьев мекъи ккезавиялъул хIакъ жинде тIаде бачIунеблъи. Гьеб ккола рекIелъ Аллагьасукьа хIинкъи гьечIолъи. "Дица насихIатал гьаруларо", -ян хъвалеб буго Г1абдурашидица. Гьавгощинав чияс ц!алулеб макъала насихIат гурони щиб кколеб? Исламалда жаниб вас-вас бегьуларо. Гьеб ккола илбисалъул пиша. Цо масъалаялда тIад суал баккараб мехалъ щивав бусурманчиясда тIалъула гьеб суал лъалев гIалимчиясдаги цIехон мухIкан гьабизе. Кодовего щоларев чи Къурамух1аммад-х1ажи вукIинги дида Г1абдурашидица хъвараб мехалъ гурони лъачIо. Г1ажаибаб жо буго аза-азар чиясухъе щолеб мехалъ гьесухъе щвечIолъи, Исламалъул хIакъалъулъ пикраби загьир гьаризе (аи гьезда тIасан бахIсалгьаризе) мун гIалимчийищан абиги бегьулеб гьечIо гьесие. Жинца ц!алараб г!елму гурищан абун ццим бахъун хъвалеб буго гьес, ва жинда лъалареб жоялъе нугIлъиги гьабун кIалъалев вуго.

Гьесда кисандай лъараб жинде кIалъарав такъия лъурав чиясда физика лъалареблъиги, приро-доведениялъе гьесие лъабил гурони къиматги щвечIеблъи. Балъголъи лъаялдегIаги гуродай гьев вахун вугев?

Жагьилав чиян абич!ого букIине бокьани (исламиял суалазулъ) щайха гьесда бихьиза-бичIеб дурго бугеб исламияб лъай? Дуцаго гурищ нугIлъи гьа-булеб бугеб мун гIалимчи (исламияв) гьечIолъиялъе? Гьев гIалимчи дуда урология малъизе лъугьани жинда ракIалде ккарал жалги рицун гьесде дуцаго щиб-дай абилаан? Жагьилав чиян абизе бокьичIони цIалеха исла­мияб гIелму, гьебмехалъ абила-рогури лъица мун ккун вугев. Хадубги Г1абдурашидица ахIу-лел руго дагьистаниял гIалим-забигун гъазават гьабиялде. Нури ГIусмановасдаги, журналистаздаги, тIолабго интеллигенциялдаги исламиял суалазе жаваб кьезе кIолареблъицин лъалеб гьечIо гьев пакъирасда, ва гьес хъвалеб буго: "Гьеб жаваб кьезегIан питнаялъе ахир букIине гьечIо", -ян. Гьанже питна багъаризабулел чагIи лъунги гьаруна гьес гIалимзаби. Астагъфируллагь! Нахъеги хъвалеб буго: "Питна-зулму гьабулел гьал рух1аниял"-абун. Баян гьабизе ккела щал гьел кколел (ц1ар-цIар ккун) ва щиб зулму-питна гьез гьабулеб бугебали, гьечIони гьаб ккола диниял гIадамазда лъураб бугьтан. Гьелъулги жаваб кьезе хIадурлъе! Жив-живасе, жиндие бокьараб дин бищизе яги динал-даго гьечIого вукIине ихтияр Ал-лагьас кьураб букIинцинлъалеб гьечIо гьесда. Гьелъие нугIлъи гьабулеб буго гьес светияб па-чалихъалъул законаз кьунила ихтиярилан хъваялъ. Амма кIочон тун буго гьесда жинца тIаса бищараб нухалъул жаваб щивас кьезе букIин Аллагьасда цебе, гьединлъидал хIехьезе кIолеб гьечIо хIакъаб нухалда чIайин мунилан гIалимзабаз абураб жо. Гьабулеб иш консти-туциялда данде кколеб букЛин буго Г1абдурашидил пикруялда аслияб жо. Дицагони исламалда данде кколеб букIин тIаса бищила, гьеб тIаса бищуларев чиги кинав бусурманчиха вукIуне-вали ургъе нужго? Бат1аяб иш буго тIубазабизе ресго гьечIеб жо бугони. Бажарулареб жо Аллагьасги лъун гьечIо лагъасда тIад. Жакъа къоялда исламалда рекъон, бокьарав чиясе, хьвади-зе рес бугилан абила дицагони. Муг1алимги ц1ехечIого, цIехон хадусаги гьев кинав игIти-къадалда вугев чиялиги лъачIого тIахьалги жинцаго цIалун, ви-деоялъухъги балагьун ислам лъазабизе бегьулареблъицин лъаларев ахIмакъав чияс кин ис-ламалъул хIакъалъулъ хъвалебали лъаларо. ГIабдурашидица абулеб буго жинца фатва кьоларилан, щивасе жиндиего бокь-ухъе, гIалимзабаз абухъе гуреб, динияб идараялъ абухъе гуреб жинцаго битIараблъун рикIкIу-неб хIалалда фарз тIубазе ихти-яр гьес кьей - гьеб фатва гуре-бищ? Жинди-жиндие бокьухъе ислам (хасго фарз) гьабиялде, кколеб къагIидаялда тIоби-тIичIого, щивас жиндиего дин ургъиялде ахIулел руго Саг1идовас, Гьеб жо ислам щущахъ биххизабиялде ахIи гурищ кко­леб? Щал гьел зулмуялдалъун цояб рахъ билълъанхъизабизе лъугьарал чагIиялиги хъвалеб гьечIо Саг1идовас. Динияб ида-ра бугин гьебангIаги гурищ гье­сие абизе бокьун бугеб? Макъала цIаларасул пикру гьелде бачунеб буго гьес. Гьелъ-ул дандерижий-ищ жакъа нилъе-ца терроризм абун цIар лъураб гьеб кьвагьа-гIанхъи кколеб. Дидани лъаларо исламалдехун гьелъул кинаб хурхен бугебали исламалъ-гьукъараб жо терроризмги букIаго. Вагьабияца исламалъул байрахъалда гъоркь гьарулел питнабиги исламалда бугеб жо гуро. Хадубги Г1абдурашидица хъвалеб буго: "Гьебго заманал-да республикаялда жакъаги руго милициялъул ФСБ-ялъул кумекалдалъун диналъул рукнаби "мухIкан" гьаризе гIоло, "иман щулалъизе гIоло" зулму гьаби-ялъул ва хIинкъаби кьеялъул хIужаби",-ян. Амма хъвалеб гьечIо лъица гьеб гьабулеб бу­гебали. Мухъазда гьоркьоре балагьани гьеб кколеб буго Динияб идара, щай гурони Динияб идараги гьенир ругел гIалим-забити хIехьезе кIвечIого хъва-раблъидал бугеб макъала. Дида бичIчIанихъе Саг1идовасе абизе бокьун буго Динияб идара хIалтIулеб бугила ФСБ-гун, МВД-гун цадахъ рекъон. Гьел-даса кIудияб гьереси ургьизецин захIмат буго. Гьедин батани, щайха рихьизаруларел хIужа-би? Гьеч1ого!

Рогьалил какде хьвадиял-далъунги вагьабияллъун щалго рихьизаруларо, гьелдалъун зул­му гьабуларо. Динияб идараялъ-улазтелевидениялдасан, радио-ялдасан ц1огь хIарамаб букIи-налъулги, гьереси документал гьарун гIарац кванаялъулги, гьел гурелги х1арамал-х1алалалжала-зул бицунарилан абураб жоги гьереси буго. Амма СагIидовасе чан нухалъ рахъаралалиги, сун-дул бицарабалиги отчет кьезе кколеб батани, Москваялдаги вукIун Дагъистаналда ругел пе-редачабиги рихьизе гьелги рагIизе гIанасеб гьунар гьесие Аллагьас кьун батани, гьеб жо кIудияб роххел бугилан, батиялдайин абуни кIудияб щаклъи буго. Чай гьекъезеги ахIун има-мас намуслъизавулев чияс цIогь гьабулареблъи лъаларев чияс гьадигIан кIудияб макъалагIаги кин хъвараб? Дагьалищ гьару-лел ругел вагIзаби, амма битIараб нух бокьарас босула. Дуцаго абухъе демократия бу-гелъул. Х1арамаб хинкIалъ мех-тарал чагIазул тIарикъаталъул "хIубалги" лъугьунареблъи, цIогьодулел квераз чIумал све-рулел ратанигицин гьел кантIиялъул нухде лъугьун ра-тила, амма мун-гIадав инкарчи, тIарикъатги ри-харав, чIумал свериги бегьу ларев битIараб нухде вачIи-наддаги гьенив чIеялдага щаклъи буго. Узухъда, руго кIигьу-мерчагIи, гьел рукIана, кидаго рукIинеги руго. Амма жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIабгицин жив кIигьумер-чагIаздасан вугодаян хIинкъулев вукIараб мехалъ, ГIабдураши-дилъ гьеб хIинкъи бихьулеб гьечIо.

Щай исламалъеги тIарикъа-талъеги къимат кьезе кколеб кIигьумарчагIаз гьабулеб жоял-де балагьун. Гьесие бегьулеб гьечIо идара хIалтIиги, масжи-дал райги, гьенибе гIадамаз гIарац кьейги. Кинаб иманха букIинеб гьединазулъали нуж­го ургъе. Лъаларогойищ бугеб гьесда бюджеталдаса гIарцухъ хIалтIулеб идараги гьечIолъи гьелъухъ ралел мажгиталги мад-расабиги гьечIолъиги. Бюдже-талде кьезе кколеб гIарцул миллиардал рикъулезда щай гьес абулареб бикъичIого гьенибе кьеян яги кьурабги бикъулезда щай абулареб? Г1абдурашидие къваригIун буго жакъаги майма-лакаддасан лъугьанин гIадамалилан тарбия кьолел ругел школазе бусурбабаз гIарац кьезе. Кьолеб садакъаги ахираталъей-ищ ккелеб, ссиялъе кьураблъунищ букIинебали хIукму гьаби­зе ккани, гьеб лъаялъул даража-ялдедай вахун вугев гьев. Гьеди-нал жал уйинги ккун васвасдун садакъа гьабичIого макъала цIалун хадуб чIаразул жаваб лъиде тIадедай ккела? Падамаз хIеж гьабизегицин бегьулеб гьеч1о ГIабдурашидие! 70 соналъ хIежги гьукъун букIун чанго поколение хIежалде ине рес щвечIого хун букIиналъулги гьечIо гьесие ургъел. Гьезие гIоло гIагараз хIеж борхиги гьукъизехъин буго. Аллагьасе рецц кин гьабулареб гьадинаб гIатIилъи кьурав, гьединал ресал рагьарав, идараялъухъ ихтияр гьечIолъиялъухъ гьабичIого. Гьедиг1ан идара рихарал чагIи вагьабиял гурони дида лъаларо. Нахъеги хъвалеб буго гьес бу-гебщинаб чороклъи динияб ида-раялде ва гьеб рикIкIунеб буго питнаялъулбетIерлъун. Гьабго-щинаб бугьтаналъул жаваб киндай кьелаян гьев ургъун вукIаравани гьес гьеб хъвазе бук1инчIо. Шамхаладдажама-гIаталъ вахъана имам, нахъе аян  жамагIаталъ  абидал, инчIого. Дун вуго нугI, цеве муфтиги вукIаго  имамас мажгиталда жаниб жиндирго рахъ кколел нахъаги чIеза-рун,  бокьун гьечIин мун имамлъун вукIинеян жама-гIатчагIаз абидал,  инарила имамлъиялдасаянги абун питна гьабиялъе. Гьев вахъун хадув, гьесда хадув тарав имам чIвазе щивдай ургъана, лъицадай гьес­да ичIго гуллаялъул ругъун лъу-на? Идараялъищ? Идараялъула-зулги лъилгунго дандеккунгутIи гьечIо. Амма исламалде данде кколарин, Г1абдурашидица абухъего, жинди-жиндие бокь-ухъе фарз тIубаян идараялъул х1алтIухъабаз абизе бегьулеб гьечIо цо-цояз. Гьебги абулареб мехалъ идара щиб гьабизе. Дин бац!ц!ад цIуни гурищ аслияб мурад? Лъицаха идараялъ гьабу­леб ислам ц!униялъул хIалтIи мекъаб бугилан рачун хIужабигун ч!езабураб?

Багьавудинидасан байбихь-ун щайха цониги вагьабиялилан абулел чагIазул щивниги вачIинчIев гIелмияб бахIсалде, кигIан идараялъ ахIаниги. ГIабдурашидие бегьулеб буго муфти президентлъун вугони, гьесул пикруцоязул Халкъияб Собраниеги бугони, законалги хъван халкъ гIадлуялде бачине, гьечIони бегьулеб гьечIо. Гьеб щиб пикру кколеб? Оппозиция букIине кколилан хъвалеб буго Саг1идовас. Исламалда жаниб оппозиция букIине кколаро, амма гьеб букIин батIияб суал буго. Рес бугони питна гьабулев чи чIезавизе тIадаб буго, гьес гьабулеб питнаялда дандечIей гьабун, жанив тIамизе кколев вугони жанив тIамунги. Нахъе­ги тIадвуссун ГIабдурашидица бугьтан лъолеб буго идараядда, бихьизабулеб буго гьеб зулму-яб, хIинкъаби кьунги би гIодобе тIунги пачалихъалъул кумекал-далъунги жидеего бокьараб жо билъанхъизабулеб гIуцIилъун. Цониги бакIалда хъвалеб гьечIо идараялъ гьабулеб хIалтIи кинаб батаниги, гьеб исламалда данде кколищ яги кколарищали. Гьеб гIажаиблъи гьабизе ккараб жо гуро, ГIабдурашидида шаригIат лъаларелъул. Лъалареб жоялъул хIакъалъулъ хъвадарулев чи щив кколевали къимат нужеца-го кье. Дидани бичЫуларо жин­цаго идараялъухъе ихтияр гьечIолъиялъе нугIлъиги гьабу­леб букIаго, гьелъие гIоло Алла­гьасе реццги гьабулеб букIаго, кин гьединаб ихтиярги гьечIеб, щибго жо гьабизе ресги гьечIеб идараялда зулму гьабулеб буги-ланги хIинкъабиги кьолел руги-ланги гьес бугьтанал лъолел ру­гел. Пакълуялда рекъолищ гьеб жо?

Ахиралдаги Г1абдурашидица ах!улел руго жамагIатал, дибирзаби, идараялъул х1алтIухъаби, светияб хIукуматалъул мили­ция, прокуратура г1уцIабазде ва чиновниказде данде рахъине.

Гьеб жо питнаялде ахIи кколаребдай? Светияб х!укуматалъул законал цIунизе кколи-лан абулеб, цинги ихтиярго гьел законазда гьечIеб жоялде дибирзабиги Динияб идараги ахIи ки-наб гIакълуялде данде кколеба-лиги нужго ургъеI Дида лъалеб жо буго цо. Динияб идараялъ ислам бац1цIад цIуниялъе бажа-рарабх1алтIи гьабуна, гьабулеб буго, гьабизеги буго, лъица щиб бицаниги, лъие бугониги гьеб бокьаниги бокьичIониги. Макъ-алаялъул ахиралда дие бокьун буго дунялалдаго машгьурав философ Жан-Жак Руссол гIакъилал рагIаби рачине. Гьезда нахърилълъани питнабиги зулмуги бук1наро. Гьес хъва­леб буго: "Киданиги лъавукълъ-иялъ (гIелму гьечIолъиялъ) питна-зулмуялде рачунаро. Зулму­ги питнаги ккола мекъаб нухал-дасан иналъ. Мекъаб нухалъги лъай гьечIолъиялдалъун унаро, гIелму (лъай) гьечIев чи гIелму бугевлъун чIеялдалъун гурони"-абун.

Рач1а нилъги кIалъазин жив-живасухъ бугеб гIелмуялдасан, жиндир лъай гьечIел гIелмабазде гьоркьореги лъугьинчIого. Г1абдурашидиеги лъикI буго жиндирго урологиялъул суалаз-да тIад хIалтIи жиндир лъай гIоларел исламиял суалалги гIалимзабазе тун. Гьедин гьабу-ни Аллагьасда цебе жавабчилъ-игидагьлъила, питна-зулмуялъе сабаблъунгиккеларо. Кинавни-ги бусурманчиясда Аллагь гурхIаги, битIараб битIараб-лъунги бихьизабеги, тIекъаб тIекъаблъунги бихьизабеги, Жив разияб гIамалалдаги цIунаги. Амин.

Ах1мад-х1ажи Т!АГЬАЕВ, Дагъистаналъул муфтиясул заместитель



Источник: http://газета Ассалам за сент-2006
Категория: РЕЛИГИЯ и статьи на аварском | Добавил: saidov-ak (23.12.2007) | Автор: Ахмед Тагаев
Просмотров: 1203 | Комментарии: 1 | Рейтинг: 2.1/8 |
Всего комментариев: 0
Добавлять комментарии могут только зарегистрированные пользователи.
[ Регистрация | Вход ]
Copyright MyCorp © 2024
Создать бесплатный сайт с uCoz