Среда, 17.04.2024, 00:07Читайте, комментируйте, спрашивайте.
Главная » Статьи » РЕЛИГИЯ и статьи на аварском

дискуссия

Х1урматияв Ах1мад-Х1ажи!

Ц1алана дур «Ассаламалда» бахъараб «Х1акъикъаталдаса» дир макъалалъе жаваб. Макъала хъваялъул ва гьенир рехсарал суалазул мурад дудаги вабилг1акса бич1ч1ун бук1ин бихьулеб буго т1оцебесеб иргаялда. Аслияб мурад бук1ана дир: рехсарал гъалат1азул пикруги гьабун, г1адамаз (жамаг1атаз) бицунебги г1адахъе босун, нужор х1алт1и лъик1алде ккелародай, гьаб питнаялдаса халкъ бат1алъилародай абураб. Дица ва цоги-цоги нужода рази гьеч1ел диналъул вацаз бах1салде ах1иги питналъун бихьана нужода, нужода рази гьеч1елщиналги исламгун, ай Т1адег1нав Аллагьгунцин рази гьеч1еллъун рихьизарулел руго нужоца.  Дуцаго кьолеб буго жаваб - кинаб х1асил гьединаб бах1салъул бук1ине кколебали: «Рес бугони питна гьабулев чи чIезавизе тIадаб буго, гьес гьабулеб питнаялда дандечIей гьабун, жанив тIамизе кколев вугони жанив тIамунги» (дуца хъвавухъе тун буго гьаб пикру). Гьаб бак1алда кинха абич1ого тела – Аллагьасе рецц, гьединал ихтиярал нужор гьеч1елъе, гурони туснахъал г1елароан эркенлъиялдаса мах1рум гьаруразе!

Динияб жамаг1ат, дибирзаби, будунзаби ккола г1урус раг1удалъун абуни – общественность. Гьеб общественносталъул ихтияр гуребги, гьелда т1адаб буго пачалихъалъул ишазул ургъел гьабизе, х1аракатчаг1азул жигаралдалъун бокьарав чиновникасда данде, министрасда данде ч1езе х1ужаби ругони – гьел тамих1алде ц1аян т1алаб гьабизеги. Амма дуда бихьулеб буго гьеб дица к1удияб питна бекьилъун. Бокьилаан доб «Х1акъикъаталдаса» босараб цох1о пикруялда т1ад гьанжесалалъги ц1алдолел ургъизе - киб бугеб дица питнаялде ах1и: «Жакъа динияб идара лъугьине ккола президентасул т1оцересел кумекчаг1илъун, рекъел Дагъистаналда бук1инабиялъе гуребги, ришватчилъи т1аг1инабиялъе кулпатчилъиялде данде къеркьеялъе пикруцояллъун. Диналъ “нилъерав-чидарав” абураб г1орхъи ц1азе рес гьеч1елъул, г1орхъи бук1ине ккела вац вугониги, гьудул-гьалмагъ вугониги “хъубав-вац1ц1адав”, “рит1ухъав-т1екъав”. Росабалъан байбихьун, районаздаса байбихьун, Дагъистан бац1ц1ад гьабизе ккола квер хъубаздаса, ях1 т1аг1араздаса, намус бичараздаса. Нилъер кумек гьеч1ого президентасда гьеб кинабго гьабизе к1вей шакаб буго. Т1адежоялъеги, бищун церет1урал ц1огьал руго жакъа президентасухъе г1арзал хъвалел, демократия ц1унулеллъунги лъугьун. Щивав чиновникасе жамаг1аталъ кьезе ккола къимат, халкъалъ ч1вазе ккола килиш жодор би гьекъолезда ва бюджеталдаса рич1ич1ого г1арац бикъулезда».   Дуца кьолеб буго жаваб: «Г1абдурашидица ах1улел руго жамагIатал, дибирзаби, идараялъул х1алтIухъаби, светияб хIукуматалъул мили­ция, прокуратура г1уцIабазде ва чиновниказде данде рахъине.. Гьеб жо питнаялде ахIи кколаребдай?». Питнаялде ах1илъун т1ад рехсараб дир калам кколеб батани, ц1огьодулел х1акимзабигун, намус т1аг1арал министрзабигун рекъон рук1аха, «Къиралгун рекъани, макъан рекъолин» абун туркабиги ах1ун.

Т1олго дуца хъурараб халатбахъараб макъалалъе жаваб кьун дидаса бажариларо, гьелъие г1иллаги дир жаваб гьеч1олъи гуро. Х1ужабиян вугелъул мун, цо-цо х1ужаби рехсела.

Гьаб ккараб би т1еялъул ч1еч1ого такрар гьабулеб буго дуцаги, цогидал нужор «адвокатазги» нужоде кколеб г1айибго гьеч1ила гьелъул абун. Гьебго заманалда дида г1айиб ч1валеб буго дуца дир макъала байбихьулеб бугила «гьаб  ахираб 10-15 соналъ ккарал тунка-г1усиял, питнаби ва би т1еялде щварал даг1ба-раг1иял ккеялъе динияб идараялда   г1айибго гьеч1еб г1адин к1алъалел руго гьенир х1алт1улезул чангоял» - абурал раг1абаздалъун. Гьересийишха дица хъвалеб бугеб? Я диналъул вац, гьадаб питна 1990-абилел соназдаго нилъер беразда цебе байбихьич1ебиш диниял чаг1азда гьоркьоб (Багьавдинилазда ва нилъеразда гьоркьоб). Ккарал дандеккунгут1иял зулму гьеч1ого т1убазе к1веч1олъиги нужор к1иязулго г1айиб гуребиш? Т1адежоялъеги, бугьтанал лъеялъул г1айибал дидеги г1унт1изарун, дуцаго щай бах1салде рач1инч1ила дол абун гьереси хъвалеб? Нужоца гуриш дир беразда бихьун, дир г1ундузда раг1ун абулеб бук1араб: «Дозулгун (вагьабиялин абулелгунха) бах1салде ине бегьуларо. Дол руго шайт1абигун рекъарал чаг1и ва гьез т1олго бах1сазда жодоего кумекалъе илбис ах1ула ва жодорго нухалде нилъги ц1азе бегьула» - абун? Кинал бах1сазде дуца Багьавдин ах1арав ва гьев вач1инч1ев? Дица ах1ана 1993 соналъул риидал мунагьал чураяв Ах1мадкъади нилъеда цадахъ рук1арал г1алимзабигун авар радиоялде бах1салде. Гьенир данделъарабго Ах1мадкъадидехун абулел къабих1ал раг1абиги рихьун, авар радиоялъул редакторас инкар гьабуна гьединаб къаг1идаялда гьабулеб бах1с эфиралда кьезе! Цояз цоял къабих1 гьарич1ого, цоял цоязде ах1т1еч1ого, адабалдаги, иманалдаги рекъараб х1алалда бах1салде, маслиг1аталде нуж (Багьавдинилалги нужги к1иялго) рач1ун рук1арабани – гьаб к1удияб балагь ккеч1ого хут1изе бегьилаан бук1араб. Нужор к1иязулго т1ирун ч1еялъул ва пачалихъалъул бут1рузул зулмуялде бугеб гъираялъул багьа ккана нус-нус азар ч1варал, гьедиг1анго ч1езе бак1 гьеч1ого хут1арал, мугьажирлъиялде ккарал, лъукъаралгун г1ажизлъарал, бест1аллъарал, къороллъарал бусурбаби. (Аллагь гурх1агиха т1олгоязда!). Питна ккезе бокьараз щиб ургъунги г1илла ургъилаан питнаялъе, амма исламалда хурхараб г1илла нилъеца биччач1ебани, бусурбабазеги, диналъеги лъик1 бук1инаан. Вагьабиялин абулеб буго дуца, гьебго заманалда Саид Апандица гуриш М. Шевченколгун гара-ч1вариялда «Независимая газетелда» абураб гьелги бусурман чаг1и ругилан? Жакъа гьез гьабулебшинаб жо исламалда хурхараб жого гурилан нуж ч1еялъе г1оло дол бусурманчаг1и кколародай? Исламалъулги, шарг1алъулги бицун гуриш жакъаги кьвагьи таг1унарого бугеб Дагъистаналда?

Цоги, Ах1мад, 3 сон цеве дун вач1ана духъе цо гьаригун: «Рихьизаре дир макъалабазда исламалда данде кколарел х1ужаби, гьел ратани дие бокьун буго гьел гъалат1ал такрар гьарич1огог1аги хут1изе» абун. (Гьелда цебе Лабазанов Ах1мадица абуна т1олго дир макъалаби ва гьезде ругел нужор баянал духъ ругилан). Киг1ан хъуршазда мун хъиршараниги, дуда гьел макъалабиги ратич1о, гьабин абун ч1ванкъот1араб нужор баянги щвеч1о, цох1о «дуда лъалареб жо хъвач1ого тани лъик1 бук1ина» абураб гуреб. «Г1алимчияс кьураб жаваб» - илан абулев мун лъугьулев вугоха г1алимчи. Хаду дица дуда гьикъана: «Сады праведных» абураб т1ехь вагьабиязулин рик1к1ине г1илла щиб, Аварагасул (с.г1.с.) х1адисалгийиш вагьабиязул рук1унел? Бегьулеб батани – бихьизабе дида щиб бак1алда бугеб гьениб вагьабиязул пикру» - абун. Гьеб суалалъеги дуца жаваб кьеч1о ва бихьизабич1о киб гьеб загьруяб пикру бугеб.

Цоги, дуца гуриш дие жаваб кьураб: «Устарасул азбаралъуб бугеб х1амил дие дирго васасулалдаса къиматги къадруги ц1ик1к1араб буго!» - абун? Цониги дие жаваб хъвалес гьеб дица макъалалда ц1ар хъвач1ого рехсараб х1ужаялъе щай жаваб кьеч1еб, дир жагьиллъиялъулги, дир напсалъул заг1иплъиялъулги бицунел рук1инч1ого? Жеги такрар гьабила: Инсанасул къадру-къиматалдаса боц1ул къадру тадег1ан гьабулеб дин – дир дин гуро!

Т1адег1анав Аллагьасулгун квар ц1араб бухьен бугебг1адин, кин нуж к1алъалел, дида бич1ч1уларо гьеб? Шамхалалда ккараб питнаялъул цох1о мун гурев, цогидалги руго нуг1зал. «Черновик» газеталъул баяназда хъванги буго гьеб, кин дибир хисарав доб рузман къоялъ, щал гьенир рук1арал ва сунда релъараб бук1араб гьеб «халкъалъе бокьун» дибир хиси. Хисизе ккун вук1ун ватаниги, зулмуялде кколаредухъ, маслиг1аталда щай гьеб суал т1убалареб? Нужоца абухъе, росу к1ийиде бикьун бук1ун батани, гьеб цолъиялъе г1оло гьабураб тадбирги бук1ун батани – гьанже лъабиде гуриш росу бикьараб: цоял цеве вук1арав дибирасда хаду ч1арал, цогидал – ц1ияв дибир къабул гьавурал, лъабабилел – кинавг1аги дибирги х1ажат гьеч1о, гьаб питнаги рик1к1ад тун лъик1 абун мажгиталдаса рат1алъарал. Цох1о Шамхал гуро нужоца дибир хисизе х1аракат бахъараб росу  кколеб, чамги росулъа мун дурго нукарзабигун вачахъарал х1ужабиги руго, жамаг1аталъ: «Нижее питна х1ажат гьеч1о, вугев дибирасда ниж разиги руго, нужое нухги бит1аги!» абун. (Ц1арал ва росаби рехсолел гьеч1о, щайин абуни – нужор жигар ва тавахьал ц1ик1к1ине бегьулелъул жеги ц1идасан «динияб вертикаль» щулалъизабиялъе!).

Математикалъул, астрономиялъул ва цогидал г1елмабазул х1акъалъулъ щивав чияс ц1иял харбал я баянал ц1алула ва жинде хъат1улеб жо гурелъул, добег1ан лъола. Исламалъул суалал ккола щивав бусурман чияс пикру гьабизе кколел суалаллъун, гьезда гьоркьо – урологасгиха, гьев бусурманчи вугони. Урологиялъул ч1еч1ого такрар гьабулеб буго дуца, Ах1мад, дуе бяаналъе лъазабула: дун урологлъун гуро х1алт1улев вугев. Урологиялъул жагъаллъаби ругезда – гьарула суалалгун Г1азизовасухъе аян.

Исламги г1елмулъидал, киндай бук1ина Фоминил историялъул рахъ ккураз (буго гьединабги къукъа) лъазабуни: «Нижер академиялъ малъараб гуреб, бат1ияб история малъулел рик1к1ине руго террористаллъун, гьересиг1елму т1ибит1изабулеллъун». Гьединго г1емераздаса цояб физикалъул кафедраялъ лъазабуни – «Цогидал физикал г1елмияллъун кколаро, гьел ккола шарлатанал ва гьересиял г1алимзаби!» - абун. Гьебго жо гуродай нужоцаги х1алеб: алжаналъул к1улги нижехъ буго, мунагьал рорцунел роценалги нижехъ руго, жужах1алдеги нижеца рег1изе руго. Гурони, кин бич1ч1улеб: дир макъала биччараб редакциялъул («Х1акъикъат») щивав х1алт1ухъанасде щолеблъи ва   гьеб мунагьалъул къадар киса нужода лъараб? Дунял-г1аламалъ жужах1алъул чиян ц1ар лъуравги алжаналде ккаравила аби гуриш бугеб, щай гьал мунагьал цоязе къали ц1ун, цогиязе сах1ал ц1ун, ч1агоязеги хваразеги нужоца рикьулел? Гурх1ел ц1ик1к1арав Аллагьасда бан жого хут1улеб гьеч1огуриш – бит1арал-т1екъалги нужода лъалел ругони, рек1к1гун гьересиги нужода т1атулеб бугони, алжаналде рачунеб цох1о бугеб нухги цох1о нужода батун бугони – ислам лъугьунеб бугоха ургъич1ого, пикру гьабич1ого, ц1унц1раби г1адин, мухъ гьабун нужода хаду аралщинал алжаналъуре рортулеб жолъун. Гьеб заманалда кин бижич1ого хут1улеб суал: Щайдай Аллагьасул нилъехъе щварал каламазул т1оцебесеблъун бук1араб: «Ц1але! Нуж рижарав Бет1ергьанасе г1оло - ц1але!» - абун. Къуръаналъул маг1на бич1ч1инеги кколеб гьеч1оха, таржама гьабун кодоб кьуралдаги нужода (идаралда) гъалат1ал ратулел руго. Цогидал г1алимзабаз къимат кьеч1ебдай бугеб Нури Г1усмановасул Къуръаналъул таржама? Я гьел гъалат1азе г1олодай гьеб т1ехьалъе т1адег1анаб къимат Ираналдаса, Сириялдаса, Ливаналдаса исламалъул г1алимзабаз кьураб? Нужор пикруялда Нури Г1усманов капурлъараб х1акъаб буго, гьел г1алимзабиги капурлъиладай, капурлъулел гъалат1ал ругеб Къуръаналъе лъик1аб къимат кьурал?..

Дур пикруялъ, жакъасел школазда малъулеб жоги цох1о раг1ула: маймалакалдаса чи вижанин, анц1абго соналъ Дарвинил г1елму. Гьеб г1иллаялъ гьединаб школалъе кумек гьабиги г1антаб жо кколеб раг1ула. Щайдай жакъаги гьел школазде ц1ализе пикрукъал дагъистанияз лъимал рит1улел? Дуе баяналъе: т1олго дунялалъулго биологаз гьеб теория шакаб бук1ин бихьизабуна ва жакъа ц1алдохъанасул рес буго жиндирго пикру загьир гьабун дарсалъе жаваб кьезе ва гьеб пикруялъе кьуч1 ва тарихалдаса х1ужаби ч1езаризе. (Нилъее гьединаб рес бук1инч1о).

Х1ужаби гурила, кьуч1 гьеч1ел, «цо к1одоца бицана-ян», бугьтанал лъолевлъун дун вихьизави гуреб, цониги дица борхараб суалалъе жаваб кьезе пикруцин нужор гьеч1елъул, бачинин цоги х1ужа. Гьебги, цох1о дида гуреб, радиоялъухъ г1ин т1амурал миллионазда раг1араб. «Эхо Москвы» радиоялда гьоболлъухъ вук1ана нилъер х1урматияв муфтий. Радиоялъухъ г1ин т1амуралъ гьесие телефоналдаса кьуна суал:

- Шиитазулги суннитазулги бат1алъи щиб?

Суалалъе жаваблъун ккана халатбахъараб муфтиясул калам, амма я суннитал щал, я шиитал щал абураб суалалъе гьеб каламалъ жаваб кьеч1о.

Гьевгун гара-ч1вариялда йик1арай Татьяна Пилипейкоца г1амал гьабуна жавабалдаса довег1ан къалев вук1арав, мух1канлъаби абич1ого, г1аммал раг1абаздалъун ворч1ине г1амал гьабулев вук1арав муфтиясе лъабабизеги гьебго суал кьезе. Муфтияс кьуна бит1араб жаваб:

 - Дида к1оларо гьеб суалалъе жаваб кьезе.

Т1аджубай гьабуна муфтияс: «Хадубккун гьаб радиоялда вач1унаго х1адурлъила гьеб суалалъе жаваб кьезе» абун. 2002 соналъул июль моц1алдаса гьеб суалалъе жаваб жеги щвеч1о радиоялъухъ г1инт1амурал миллионазе. Дида бич1ухъе, гьаб суал кколаха «Введение в основы мировых религий» абураб предметалдаса. Г1елмиял гъварилъабазда кинаб ц1орой ва кинаб гьуридай бугеб?

Т1олго г1унт1изарулел г1айибалги гьересияллъун ч1езарун, бит1араб нухдаса кьурич1ого хьвадулеллъунги ч1ун т1убаларо щалниги. Ратила г1илла гьеч1ого, къват1ул харбаздалъун нуж суризаризе жигар бахъулелги. Амма дир мурад гьеб гуро. Такрар гьабила дуе бокьич1еб пикру: Светияб пачалихъалда щивав чиясе аслияб законлъун ккола Конституция. Гьеб Конституция рик1к1унарев, закон рик1к1аде къазабулев чиги ккола экстремистлъун. «Гьабулеб иш конституциялда данде кколеб бук1ин буго Г1абдурашидил пикруялда аслияб жо. Дицагони исламалда данде кколеб букIин тIаса бищила, гьеб тIаса бищуларев чиги кинав бусурманчиха вукIуневали ургъе нужго?» - хъвалеб буго дуца. Рази вуго, Конституциялдаги г1унгут1аби руго, амма гьеб ккола щивав гражданинас жиндирго г1амал борцине кколеб роценлъун. Гьелде нилъ жакъа ах1улел руго нилъер президент Мух1у Г1алиевасги. Гьеб къаг1идаялъул агъаз гьабуларел г1адамал ц1ик1к1анаг1ан пачалихъалда г1адлу-низамги киданиги бук1ине рес гьеч1о. Гьеб г1адлу-низам биххизабиялде ах1улезул цоявлъун мунги кколев вугоха, добег1ан Конституция къазабизе ах1улев чиги мухъилав чи гурелъул, т1убарав муфтиясул заместительлъидал кколев! Шариг1аталдеги Дагъистан х1адур гьеч1ила (кинал г1аламаталдай ругел х1адур рук1иналъул?), Конституцияги рик1к1ад къазабизе кколила абулел ругоха я исламалдаги гьеч1ел, я светияб пачалихъалдаги гьеч1ел, жодоего нухал ралагьулел «проходимцал». Конституцияги законги рик1к1унарезда ц1арги «вагьабиял» лъун бук1ана нужоцаго. Ц1умадаса судияв Агъамирзаца абухъе, вагьабиязул мах1 дудаги ч1ван бук1ин дида лъалеб бук1инч1о.

Хъах1аб рат1лил хъвалеб буго дуца, гьебги тохтурасул халг1атин абураб пикру батила дур. Кутакалда гъваридаб, ралъад г1адаб бечедаб ва г1акъилаб, г1елму гьеч1ев чи хадув гъоларебг1ан маг1на к1удияб  пикру буго хъах1аб халг1аталда т1ад хъублъи хехго т1атулеблъи. Дур мунагьгун г1айибго т1ад ккеч1еб ва кидаго бит1араб нухдаса унеб г1умруялъ, цогидазе мунагьал рикьулаго унел къояз гьеб халг1аталде т1ад т1анк1го ккеч1ин рак1ч1арав вуго мун. (Цогидазе мунагьал рикьиялъухъг1аги мунагь т1ад кколародай?). Кин бугониги, дунял-г1аламалъго гьеб халг1аталъул бац1ц1алъиялъе нуг1лъи гьабулеб бугониги, дурго шаклъи ккунг1аги - гьоркьо-цебе гьеб халг1ат чураниги бегьилаан…

Ахиралдаги абила – дида ккун бук1ана «Х1акъикъаталда» Мух1идиновасулгун бах1салда гьаб тема къанин абун. Бук1инч1о дир пикру гьаб калам халат бахъинабизе. Амма «Ассалам» газеталъги борхидал гьаб суал, чара гьеч1еблъун бихьана хирияб Рамадан моц1 лъуг1ун хадуниги гьеб газеталдеги жаваб кьезе. Дуца т1амуна дун «Аллагьасе рецц, лъуг1ана гьаб бах1с!» абун вук1арав, жеги гьал х1урупал рак1аризе.

Категория: РЕЛИГИЯ и статьи на аварском | Добавил: saidov-ak (23.12.2007) | Автор: Абдурашид
Просмотров: 1597 | Рейтинг: 4.9/8 |
Всего комментариев: 0
Добавлять комментарии могут только зарегистрированные пользователи.
[ Регистрация | Вход ]
Copyright MyCorp © 2024
Создать бесплатный сайт с uCoz