Пятница, 26.04.2024, 02:42Читайте, комментируйте, спрашивайте.
Главная » Статьи » РЕЛИГИЯ и статьи на аварском

Предания о Сталине в устном творчестве горцев

Ихдалил бакъул къо. Ц1умада районалъул К1ванада росо. 1953 соналъул марталъул ахир. Жеги биун бахъинч1еб г1аздал иххаз чурулел къваридал къват1ал. Бакъде бач1ун годек1анир руссараздаги балагьун, рик1к1адег1ан к1вах1алго бегараб хераб гьве. Зах1матаб г1умруялъ к1век1арав, гъваридал пикрабазда вугев чиясул г1адаб, унго-унгоги инсанасул г1адаб балагьи бугоан гьвеялъул. « Нужги г1адамал ругин ч1ух1унги ратилаха нуж!» - абун, гьал пикрукъал рух1азда гурх1ун бугин гьве абун ккола гьелъул куцалъул хал гьабидал. Ялъуни, годек1анир руссаразул хабар пайда гьеч1еб ч1анда бук1инги бич1ч1ун, гьеб г1иллаялъ хабаралде гьоркьов лъугьинч1ого ч1арав г1акъилав чийин ккола унтараб, херлъиялъ жан т1аг1араб гьве. Т1олго халкъазул “эмен” Сталин халкъалдаса ват1алъун чанго анкь араб заман. Годек1анир бакъда г1одор ч1арал харабигун росдал г1олохъаби. Я телевизор гуро, я цогидал заман ч1валел пишабигун ресал  гуро, гьеб г1иллаялъ хасало ва ихдалил байбихьуда къад годек1аниб т1амулаан заман, къаси избачазде рак1арулаан росдал бихьинал хаба-ч1абаралде, доминогун шахматал х1азе, я газетал ц1ализе, я кагътал х1азе. Панк1ан бух1улеб хъаляналъ цо-цазда рихьулареб х1ал бук1унаан избачаздагун кансиларазда. К1ванал ккола Ц1умада районалда гуребги, Дагъистаналда бищун пасих1аб каламалъул, гъваридаб маг1наялъул масхъара-хуч1 камуларел г1адамал. Хъач1аб, раг1уца инсан ч1валел г1адалги камуларо к1вандерил цо-цо жугьаби.

Хинаб бакъукь годек1анир г1одор ч1аразда гьоркьов вук1ана жиндие кутакалда Сталин рихарав ва гьеб г1иллаялъ Сталин хвей жиндие балъгояб роххеллъун ккарав К1отил Ах1ма. Киг1ан гьеб роххел балъго тезе г1амал гьабуниги, росдал г1адамазда бич1ч1улаан К1отил Ах1мал ахирал къоязда унго-унгояб байрам бук1ин.  Г1олохъабазул пикру ккола гьев к1алъазавизе ва валъаргъизе. К1алдиса к1алди т1ирит1изарулел ц1иял харбазда гьоркьо цо г1олохъанчияс абула:

-          Валлагь гьал коммунистазда бажарулареб жо гьеч1о гьанже! Нужода раг1арабиш цоги ц1ияб хабар?

-          Щиб гьезда бажарараб гьанжеги? Гьез гьабизе нахъа-цебе жоги теч1ин, ххенай дурго ц1ияб хабар!- абула г1одор ч1аразда гьоркьоса цояс.

-          Сталин ч1аголъизавун раг1ула тохтурзабаз.

-          Гьеб гьереси батила, Аллагьас бахъараб рух1 нахъ буссине рес гьеч1о – абун жаваб кьуна г1енеккаразул цояс. 

Ц1ияб хабар бицарал балагьун ругоан К1отил Ах1мада. Агъазцин гьебич1ого ц1ан тамахьогун г1одов ч1ун вуго К1отил Ах1ма. Щибниги асар ккеч1олъиялъ г1ажаиблъарал г1олохъабазул пикру ккана жеги гьадабго хабаралде т1ад руссине.

- Валлагь гьаб совет х1укуматалъул гьеч1еб гьунар хут1ун гьеч1о, пикру гьабеха нужоцаго, хварав чиясда рух1 лъезе ккани! Г1адада тарав ватиларо гьаз Ленинги вукъич1ого, заманалдаса Ленинги вахъинавизе ватила гьаз Сталинго г1адин! - абун к1алъала гьазул цогияв. Гьанжеги раг1ич1еб ххвел гьабун вуц1ц1ун ч1ола К1оти Ах1ма. Дагьаб заманалдаса гьабго х1ужаялде т1адруссун, лъабабизеги такрар гьабула гьазул цояс Сталин ч1агогьавиялъул хабар.

- Я дир вас, дуе гьединаб тамаша гьабун батани ва мун гьелдаса воххун ватани, дурго эбелалъе рослъун ваче гьев Сталин! – абун ццим бахъун къот1ула К1оти Ах1маца.

- Дир эбелалъул рос вуго, Ах1ма, дир эменги вук1ун гьелъие цоги чи щай къвариг1арав? – абун жиндирго махсаралъе жаваб щваралдаса ва К1отиАх1маца к1ал рагьиялдаса воххун к1алъала г1олохъанчи.

- Вагь, гьеле унго-унгоги тамашаяб жо! Дун гьелъухъе хьвадулелъул ва гьейгун дица сардал рогьулелъул рос вугеб хабарго бук1инч1огуриш гьелъул?! Гьедиг1ан мун воххизавурав Сталингунги егизаеха гьанже гьей!

                                                               ***

Цоги, Сталинида хурхараб лъугьа-бахъин. Лъондода росуль лъеберабилел соназда годек1анивги вач1ун дагьаб жо лъурав г1олохъанчи Мух1амадрасулида раг1ула Сталинил к1одолъиялъулги бицун гаргадулел росуцоял. Цо бицун, цогидаб бицун Сталинида сверухъ рицунел ч1андаби ч1алг1арав Мух1амадрасулил ццим бахъула ва абула : « ……… вук1ана дица нужор Сталин! Щиб ч1анда хъурулел нуж?» - абун. Метерисаго Мух1амадрасулида ва гьесда аск1ов г1одов ч1ун вук1арав Г1адаг1о-Мух1амадида хадур рач1уна Агъвалиса НКВД-ялъул г1адамал ва гьал рачун уна. Г1адаг1о-Мух1амадил хабар т1аг1ула, Мух1амадрасул 15 сонги туснахъалда бан росулъ вач1уна. 1950-абилел соназда хинк1 балагьизе Гуржиялде ине ккола. К1вараб х1алт1и гьабун, ихдал Гуржиялде ун хасалилалде нахъ руссунел рук1ана доб замалъ чамги дагъистаниял. Гьедин арав Мух1амадрасул Тиблисалда тира-сверулаго щола Сталинил памятник лъураб бак1алде. Свакварав ва бакъуца вух1изавурав Мух1амадрасул памятникалда цебе бугеб раг1дукьги ун х1ухьбахъизе г1урччинаб хералда т1ад г1одов ч1ола. Заманалдаса аск1ове щола милиционер ва документазул хал гьабула. Милиционерас абула гьасда «Гьаб бак1алдаса рик1к1аде а г1одов ч1езе, памятникалде аск1ове вач1ун гуреб т1ок1аб бак1гойиш дуе х1ухьбахъине щвеч1еб?” - абун. Милиционерасе жаваб кьелалдего Мух1амадрасулил бот1ролъ бижула пикру: «Гьасданиги кисадай лъараб дица гьав Сталин толареблъи?!”.

Сталин хун хаду амнистиялде ккун къват1ив виччала Мух1амадрасул. Туснахъалда вук1адгоги  т1ад сонал кьун, жеги 5-6 соналъ хут1изе кколев вук1ана гьев туснахъалда. Гьелъие г1иллалъун ккола Мух1амадрасулица надзиратель ч1вай. Г1орхъолъа борч1араб г1азаб туснахъчаг1азе гьабулев надзиратель вук1ун вуго гьасул колониялда. Гьавгун цадахъ туснахъалда рук1арал Москваялдасагун  Ленинградаслдаса 58 статьялда рекъон жанир карал хъвадарухъаби, диссидентал. Хасго гьазие г1азаб кьолеб бук1ун буго гьев надзирателас. Иргадулаб шахталде х1алт1уде араб къоялъ Мух1амадрасулида ватун вуго гьав надзиратель шахталъур унеб к1алт1а цояв диссидент къабих1 гьавулев. Аск1овеги ун, мугъзада кьабураб х1ос чохьониса баккинабун буго Мух1амадрасулица. Т1адеги 10 сон щвараб гьасие. Уголовнияб такъсир гьабуразе амнистияги кьун, диссидентал жеги жанирго хут1ана 1953 соналъги. Гьеб амнистиялда рекъон эркен гьавун туснахъалъуса къват1иве унев Мух1амадрасулие диссидентаз г1арац бак1арула, к1варас к1вараб кумек гьабун, сайгъатал кьун, унго-унгояв бах1арчиг1адин рег1ула Магаданалъул колониялдаса къват1иве. Москваялдаса ва Ленинградалдаса 58 статьялда рекъон жанир ккарал туснахъчаг1аз жодорго адресал кьола, Москваялде айин, мун гьенив жодор г1агарлъиялъ къабул гьавизе вугин абун. Туснахъалдаса вач1ун хаду Мух1амадрасулие щвана ток1ц1ар «Магадан”. Г1емерисел росдал г1олохъабазда лъалеб бук1инч1о Мух1амадрасулил унго-унгояб ц1ар: мина-бак1алда абулаан Магаданил рукъ, боц1и-къайи  - Магаданил, Магаданил яс, Магаданил хъизам. Ахирисел сонал ана Магаданил лъараг1лъиялде гочун Чонтаулалда. Гьенив Мух1амадрасул х1алт1ана росдал дибирлъун.
                                                             ***

Ц1умада районалъул Гъоркь-Гьаквари росдал советалъул бет1ерлъуда вук1ун вуго Насибов Исрапил (рагъул ва рагъ лъуг1ун хадусел соназда). Гьес абулаан, цониги я «халкъалъул тушман» абун, я политикиябгун динияб г1илла сабаблъун жиндир росдал чи туснахъ гьавизе жинца виччач1ила жив х1алт1улел соназда абун. «Кин дуда гьеб бажарараб?» - абураб суалалъе гьес абулаан: «Хъвадарун бук1а, цоги-цоги г1иллаялъ бук1а, вач1унаан росулъ НКВД-ялъул вакил. Къвариг1арав чи ва гьесдехун ругел г1айибал рицулаан гьес. Гьел соназда чамги росдал чаг1и кулабазде ун, рахчунги рук1унаан, х1инкъун, рачундай ина абун. Росулъ бат1ияв чи вакки г1олаан бук1араб г1адамазулъ х1инкъи бижизе, годек1анир г1адамал т1аг1улаан бат1ияв чи росулъ ваккани. Дица ах1улаан гьав вакиласе х1ажатав чи, хъун цо лъик1аб г1иялъеб жогун, цебе гьекъезе жоги лъун, байбихьулаан хабар. Кин щиб бицунги росулъ вач1арав вакилги, гьесул гьариялда рекъон ах1арав чиги рекъа-решезарун, т1ад суал гьеч1еб х1алалъ кинабгоги т1убан къалаан суал» - абун.

Дида лъаларо, амма гьакварисез абула жакъаги – цониги я г1алимчи, я махсаро-хуч1алъе х1укуматалъул чаг1аздехун раг1и абурав чи жодор росулъан туснахъ гьавич1ила дол зах1матал соназда абун. Гьевго Исрапил росдал советалъул бет1ерлъуда вугеб заманалъ ккун буго росулъ гьадинаб лъугьа-бахъин. Г1исинал школалда ц1алулел лъималазул бук1ун буго доб заманалъ т1илазде рахун хьвадиялъул къецал т1орит1улеб г1адат (ходульки). Т1илазул г1одоб ццулеб рахъалдаса баккун бук1улеб биццатаб маг1. Гьедин гьел т1илазда хьвадулев вук1арав Г1абдулкеримов Закариял гали (т1ил) ккун буго  газеталде т1аде. Маг1алъ борлъиларишха газета! Г1одовги вахъун, газета маг1алдаса бахъидал, гъоркьияб рахъалда батун буго нодо бакьулъ карат1 борлъараб Сталинил сурат. Кинаб ях1-намусалъул, кинаб иман-адаб бугев чиха вук1ине кколев, гьеб сурат борлъиялъул хабар НКВД-ялде щвезабурав? Чамго къоялдаса Гьаквари вач1ун вуго НКВД-ялъул чи. Гьадавго Исрапилица жиндирго къаг1ида х1алт1изабун буго. Ах1ун вуго г1арз гьабун хъвадарарав чи, лъазабун буго досда кинабг1аги газетаги бук1инч1ин, кинабг1аги Сталинил суратги бук1инч1ин, щибдай ккела абун, махсаро-хуч1алъе хъвараб жо бук1анин дуца гьеб абун. Гьеб къаг1ида т1ад босизе мук1урги гьавун вуго «хъвадарухъан». Гуребани, 12-13 сон барав Закариял г1агарлъиялъеги, эбел-имсуеги к1удияб балагь ккезе бегьулаан бук1араб. Жакъаги Закария ч1аго-г1ат1го вуго, г1езег1ан заманалъ ветврачлъунги х1алт1ана, чамги чиясе к1вараб кумекги гьабуна, Аллагьас сахлъи кьеги гьесие жеги хъизам-лъималги, г1агарлъиги боххизабизе. Исрапилилги мунагьал чураги, Аллагьас т1адег1ан гьабеги гьесул унго-унгояб инсан хвасар гьавиялъе г1оло анц1-анц1 росуцоязе г1оло бук1араб къеркьей!

Кин бугониги, вук1ун вуго Гъокь-Гьаквариса Исрапилида хвасар гьавизе к1веч1ев «халкъалъул тушманги». Нух1 бук1ун буго гьесул ц1арги. Гьевги, Гьигьалъ росдал абрек1, Х1усенил Мух1амадил гьудул ва пикруцояв. Гьал к1иязго рагъ байбихьилалде цересел соназго советазде данде ч1ей ва большевиказул режималде рагъ лъазабун бук1ун буго. Рагъул соназ ц1акъго ц1ик1к1инаришха гьеб! Х1усенил Мух1амадица Гьигьалъ росдал колхоз биххизабун, колхозалъул маг1ишат г1адамазе бикь-бикьун, совет х1укумат 3 нухалъ х1акъикъияб гьеч1еблъун бихьизабун г1одоб лъун (роспуск советов) буго т1олго росуги бак1арун. Лъабабго нухалъ росулъ аскариялги рач1ун, ц1игьабуна совет х1укумат. Цо нухалда райкомалул секретарь, гьигьалъав Г1исаев Шапих1ажица хъван кагъатгун чи вит1ун вуго Гьигьалъ Х1усенил Мух1амадихъе кодове вач1а, г1умруги хвасар гьабизе бугин, питнаги жибго тейин абун. Х1усенил Мух1амадица гьебго маг1на жаниб бугеб кагъат Шапих1ажихъе хъван буго: мунго вач1айин кодов, г1умруги хвасар гьабилин, к1вараб кумекги гьабилин жинца дуе абун. Гьебго х1алалъ, Нух1ицаги Гъоркь Гьаквари росдал колхозги биххизабураб ва совет х1укуматги реххараб т1аса. Гьеб ишалде иналде телефоналъул кварал къот1ун, бухьен т1аг1изабун буго райцентралъулгун. Гьеб г1иллаялъ лъелав вит1изе ккун вуго Гьакварисан Агъвали ах1и бан, къачагъал т1ад к1анц1ун, росу кодоб босун бугин абун.

Аллагьас мунагьал чураги бах1арчиял ва унго-унгоял ват1ан бокьарал Гьаквариса Нух1ил, Гьигьалъав Х1усенил Мух1амадил. Бах1арчаг1азул ц1арал даим наслабазе хут1изе ккола, Аллагьас къабул гьабун батаги гьезул джигьад!

 

 

 

Категория: РЕЛИГИЯ и статьи на аварском | Добавил: saidov-ak (01.04.2008) | Автор: Абдурашид
Просмотров: 1783 | Комментарии: 1 | Рейтинг: 5.0/4 |
Всего комментариев: 0
Добавлять комментарии могут только зарегистрированные пользователи.
[ Регистрация | Вход ]
Copyright MyCorp © 2024
Создать бесплатный сайт с uCoz