Среда, 24.04.2024, 12:15Читайте, комментируйте, спрашивайте.
Главная » Статьи » РЕЛИГИЯ и статьи на аварском

дискуссия материал К-М. Рамазанова

ГIабдурашид, ургъун ва борцун бице бицунеб жо

(«Х1акъткъат», 28 октябрь 2006 сон, Къ-М. Рамазанов

 

Дун гьаб макъала хъвазе тIамуна 26 июлалъ 2006 соналда "ХIакъикъат" газеталъул кIиабилеб гьумералда бачIараб "Диналъе рацIцIалъи - букIинеселъе дару-сабаб" абураб ГIабдурашид СагIидовас хъвараб макъалаялъ. Цин гьаб макъалаялъе жаваб хъвалелде "ХIакъикъат" газеталъул хIалтIухъабазда абизе бокьилаан гъибат-бугьтан гъорлъ рехсараб, хасго диналда хурхун мекъал макъалаби газеталдасан риччай лъикI гьечIилан. ХIадисалда буго: "Цо чияс муъминчи чIвазе рагIудалъунцин кумек гьабуни, Къиямасеб къоялъ гьев тIаде вахъине вуго, гьесул кIиябго бералда гьоркьобги хъван бугеб хIалалъ гьав чи Аллагьасул рахIматалдаса хьул къотIарав чи вугилан". (Гьаб хIадис Исфагъаниясги Ибну Мажагьицаги бицана, гьебго магIнаялда бачIараб Байгьакъияс бицараб цоги хIадисги буго, "Аттаргъиб ва т-таргъиб", том  3, гьум.230). Гьелдаго борцун кинабгIаги ишалъе квербакъи гьабурал гIадамазеги гьеб квешлъи гьабурасего гIадаб мунагьги, гIакъубаги букIунилан хъвалеб буго исламалъул машгьурал гIалимзабазги.

"ХIакъикъат" газеталъул хIалтIухъаби ккола магIарулал, бусурбаби, нилъерго диналъул вацал. Гьезие хадусаги насихIатлъун букIине, мисалалъе ГIабдурашид СагIидовасул гьаб макъалаги босун абизе бокьун буго, гьаб макъалаялда жаниб бугебщинаб гьересиялъулги, гъибаталъулги ГIабдурашидие бугеб мунагьги хIакъги буго гьеб макъала набор гьабуразеги, газеталда бахъизе изну кьуралщинал жавабиял хIалтIухъабазеги, гьеб макъала "ХIакъикъаталъул" 12 азарго тиражалъул гьурмазда бахъизе кумек гьабуралшиназеги. Гьебгиха цо нухалъ гьабураб гъибаталъулги, лъураб бугьтаналъулги, бицараб гьересиялъулги гуреб, 12 азарго нухалъ гьабураб гъибат-бугьтан гьересиялъул мунагь букIуна гьезиеги, гьелъул авторасего гIадин. ТIадежоялъе гьеб газеталъул гьурмазда гьеб макъала бугебгIан заманалдаги гьелъул мунагьги гьоркьоса къотIичIого кIодолъулеб букIуна. Гьеб буго дир "ХIакъикъат" газеталъул хIалтIухъабазе гьабулеб ракIбацIцIадаб насихIат. Дида ккола Аллагьасдаги божуларел, ахират хIакъаб букIиналдаги ракIчIоларел гьезда гьоркьов цониги хIалтIухъан ватиларин. Гьединлъидал, дунялалъул дагьал къояз щолел гъурщахъги хъулухъалъухъги ахираталъул абадияб балагьги, гIазабги, гIакъубаги тIаде цIаге. Гьанже ГIабдурашидил хIакъалъулъ. Дир диналъул вац, ГIабдурашид! Дуца гьединаб жо хъвалилан дида кидаго ракIалде кколароан. Нилъ перестройка байбихьун хадуса гIемер цадахъ хIалтIана, мун Госдумалде депутатлъиялде унеб мехалъ дуе кумекалъе, хIатта лъарагIазул росабелъицин, дуда цадахъ нижги хьвадана. Къисмат букIун гьечIо, ворчIичIо! Гьелдаса хадубги, дида лъалеб букIалдаса нилъер гьоркьоблъи квеш букIинчIо, нилъеда гьоркьоб ккараб жоги букIинчIо. Гьеб жо газеталда хъвазегIан цебе мун нижехъе вачIине рекъараб букIана, гIакъулуялда гьикъаниги шаригIаталда борцаниги. Дуца абизе бегьула мун дихъе щвечIо, дун духъе виччачIоян. Гьеб дуца абулеб батани, мунгогIаги божилищ гьеб дуца абураб жоялда? Дир вац, ГIабдурашид, исламияб тIолабго умматалъ жив кIодо гьавун тIабигIиназул кIудияв ХIасанул Басрияс абулеб буго мунафикъас гIайибал цIехола, муъминчияс гIузраби цIехолилан. Дие мун мунафикълъун вукIине бокьун гьечIо, муъминчилъун вукIине бокьун буго. Мунафикъзаби жужахIалъул бищун гъоркьияб тIинда рукIине ругилан абураб магIнаялъул аят буго Къуръаналда (сура 4, аят 45).

Дир вац, ГIабдурашид, гьаб цIакъ гIажаибаб заман бачIун буго. Исламалъул тушбабаз (хасго сионистазги масониязги) жалго рахчун чIун цо-цо хъулухъ бокьарал яги гIарац къваригIарал, кIал-мацI пасихIал, дин тIеренал гIадамал тIамулел руго ислам хIабургъинабизе. Дир дуда васият буго гьезул квачIикье мун ккезе чIогеян. Дица гIажаиблъи гьабула, гьаб нус-нус партиябазги, квешалщинал рикьалабазги,

МухIцаралщинал политиканазги цIураб Россиялда жаниб дуда гIицIго Дагъистаналъул идара какизе батиялда. Цо мискинчияс азарго гIиялъажо бугев бечедав чиясул рахъалъ цого-цо жиндир бугеб лемаг биччан буго, мугIрузда риидалил заманалда. Хасало гIи тIадбуссараб мехалъ бечедав чияс мискинчиясда абун буго, гьеб дур цо букIараб лемаг бацIица чIванилан. Щиб къодай гьеб пакъир бацIида бихьана дур азарабго лемагалда гьоркьоса дир цо бугеб лемаг балагьулаго, дун гьеб бацIалда гурхIанилан абунила дов мискинчияс. БитIахъе бицани, гьев мискинчи бацIида гIадин дун дудаги гурхIанаха, дир вац, ГIабдурашид! Дица абиларо ДУМДалъул гIунгутIаби, гъалатIал гьечIилан, батIайиса гьабуни дагьабги лъикI букIинароанилан. Амма дуцаги мун гIадиназги "Черновик", "ХIакъикъат" газеталъул гьурмаздаса лъолел бугьтаналдаса ДУМД, Юсуп аварагасул биялдаса бацIцIад буго. Дуда, лъазе ккола ДУМДалъул хIаракатчилъиялдалъун Дагъистаналъул батIи-батIиял миллатазул мацIазда, 45 азарго тиражалдаса цIикIкIараб исламияб газета "Ассалам", щибаб мацIалъ чанцIулго къватIибе биччалеб букIин. Цо процент гъалатIги кколеб батила, амма 99 процент гьелъул исламалъеги бусурбабазеги пайдаяб букIуна, букIунареб батани дурго хIужаби росун ДУМДалде вачIа, рикIкIадаги чIун "Черновик" гIадал газетаздасан кьвагьдечIого. Гьединго лъидаго инкар гьабизе кIоларо ДУМДалъул нухмалъиялда гъоркь исламиял институтазданиги, мадрасабазданиги 1500 гIанасел ясалги васалги исламияб тарбия-гIелмуги Къуръан-хIадисги лъазабулел рукIин. Якъинго лъала гьел васазулги ясазулги цо процентцин наркоманал, гьекъолдухъаби рахъине гьечIолъи ва гьезул гIемерисез росабиго лъикIаб нухалде ахIизе рукIин. Лъицаго гьечIилан абиларо ДУМДалъул хIаракатчилъиялдалъун нус-нус росабалъе цIалун практикаялъ яги дибирлъи гьабизе гIолохъаби ритIи ва гьел росабаз ДУМДалъе баркала кьолеб букIиналда. Я дуца, яги цогияс инкар гьабиларо ДУМДалъ щибаб анкьида жаниб кIи-кIи нухалъ телевизоралдасаги радиоялдасанги исламиял вагIзаби-насихIатал гьарулел рукIиналда. Лъицаниги гурилан абиларо ДУМДалъул хIалтIухъаби аварияби, чIвай-хъвей ккарал бакIазде бусурбабазда гьоркьоб маслихIаталъе хьвадулел ругилан абураб жо. Дуцаги абеха, ДУМДалъул хIаракаталдалъун щибаб моцIалъ батIи-батIиял районазда гIемераб халкъги данделъун гIелмиял мажлисал гьарулел гьечIилан. ХIежалъул кампаниялда сверухъги ДУМДалъул ратула гIайибалги гIунгутIабиги, амма цониги улкаялда гьечIо хIежалъул кампания ДУМДалъ гIадин захIмат бихьун, учузго, бацIцIадго тIибитIулеб. Гьал руго беразда цере ругел хIужаби, амма ДУМДалде гамчIал рехулезул гIемерисел рагIабийин абуни, доба гIанкI гьаниб цер бугилан абиялда релълъарал гьодорал рагIаби руго.

Дир вац, ГIабдурашид, дуца бихьазабулеб буго, дир тIехьалда гьадинал рагIаби хъван ругилан: "Устарасул азбаралъуб бугеб боцIиялъул къадруги къиматги бусурманчиясе тIадегIан букIине кколила, аскIов вугев диналъул вацасулалдаса", - абун. ЦIакъ бокьилаан щиб тIехьалъул, кинаб гьумералда дица гьеб хъван бугебали лъазе. Дица балагьаниги гьел дуца абурал рагIаби дида ратичIо. Амма дица тIоцебе хъвараб "Вагьабият, ислам тIарикъат" абураб тIехьалда руго дица хъварал гьадинал рагIаби: "Устарасул рокъоб бугебщинаб жоялъул, хIатта хIайваназулгицин дур рекIелъ хасаб асар букIа. Гьедин гьабулеб букIана асхIабзабазги Аварагасда аскIоб" - абун (гьум. 102). Гьанже данде кквела дуца хъварабги дица хъварабги кIиябго жо. Дуца абуралъул магIна ккола, устарасул хIайванал диналъул вацасдаги кIодого рихьизе кколилан абураб, дица хъваралъул магIна ккола устарасул агьлу-хъизаналдехун, лъималаздехун, рукъалъул хIайваназдехун, цогидазулалдехун бугелдаса хасаб бербалагьи букIине кколилан абураб. Цо чи рекIелъ кIодолъани, гьесда хурхарабщинаб жоги кIодолъула. Цо чи цIакъ вокьани, гьесда хурхарабщинаб жоги бокьулеб гIадат букIуна. Гьединаб рокьи Аварагасдехун букIиналъ гурищ асхIабзабазги табигIиназги исламалъул машгьурал гIалимзабазги историказги гьесул рагъул алатазул, рукъалъул хIайваназул щибалъул мухIканго, гIатIидго сияралъул тIахьазда хъван бугеб. Гьединлъидал гьеб дир ДУМДалдаго гIадин дидаги лъураб бугьтан ккола. Гьебги цо бугьтан кколаро, 12 азарго бугьтан ккола, "ХIакъикъаталъул" тиражги 12 азарго бугелъул. Дир вац, бугьтаналъул кинаб мунагь букIунеблъи дуда лъаларищ. Дур бусурманаб цIарги бугелъул мун Къиямасеб къоялдаги, Аллагьасдаги, Гьесул  аварагасдаги божулев чиги вугелъул, дуда гьебги бицина, мун капурчи вукIаравани бицинароан.

Берцинаб иснадалдалъун ТIарбанияс бицараб хIадисалда буго, цо чи гьечIеб жоги гIунтIизабун рехсани Аллагьас гьев рехсарав чи жужахIалде ккезе вуго, гьесул гьересияб жо битIун букIин чIезабизегIан абун. (Гьересияб жо битIун букIинги кидаха чIезабулеб). Гьесго бицараб хIадисалда буго гьечIеб жоги гIунтIизабун бусурманги суризавизе гIоло цо рагIи бицани, гьеб бицарав чи Аллагьас жужахIалъул цIадав жанив виинавизе вуго, гьесул гьереси хIакълъизегIан абун. ХIакимица бицараб кьучIаб хIадисалдаги абулеб буго цо муъминчиясулъ гьечIеб жоги бицун цоги чи кIалъани (батIалъи гьечIо - хъваниги), гьев чи "радгъатул хабал" абураб жужахIалъул агьлуялдаса чвахулебщинаб рецIцI-хьвердалъул хIоринив чIезавизе вугилан. ГьечIеб жо абун, бугьтан кколеб бугеб жо абун, диналъул вац какани, гьелда гъибат абула. Гъибатги хварав вацасул гьан кванаялда релълъинабун буго Къуръаналъ. Дир вац, ГIабдурашид, дуца дурго макъалаялда цIар тун буго "Диналъе рацIцIалъи - букIинеселъе дару-сабаб" абун. Гьабищ доб дуца абулеб диналъул рацIцIалъи? Гьединаб рацIцIалъи лъие къваригIун бугеб? Питнадулазе! Питнаялда ахIулеб гIадаб каламги буго дур макъалаялда жаниб. Кьижараб питна борчIизабурав чиясе Аллагьасул нагIана бугилан абураб хIадис буго. Дуца бицунеб физика, медицина, астрономия, гьел дунялалъул гIелмаби ккола. Диналъул гIалимзабазде данде дунялалъул гIалимзаби (интеллигенция) дагIбадизе рахъаян хъвалеб мехалъ дида ккола, мун цояб рокъовги гIодов чIун дуца дурго гIакълу цогидаб рокъоб тун букIун батилилан. Дурго загIиплъиги бихьун дуца интеллигенциялда ахIи балеб буго жаваб кьезе рахъаян. Мун Идараялде вачIани дудаса гIелму лъалев физикги вуго ДУМДалда, лъабгониги дур гIадаб мединституталъул дипломал кодор ругел хIалтIухъабтги руго Идараялда, анцIила цо соналъ Сириялда диниял гIелмабазул тIадегIанал цIалул заведениязда цIаларал гIадамалги руго, дудасаги лъикI гIелму бичIчIарав юристги вуго, дудасаги лъикI динияб гIелму бичIчIарав Идараялда вугевщинав халтIухъанги вуго. Диналъул вац, ГIадбурашид, дуе цIакъ данде ккун бихьуларо Идараялъул хIалтIухъанас гIалимчийилан дуего цIар кьечIолъи. Лъалеб жо буго гьес мун диналъул гIалимчи гурилан абураб магIна гьелъул букIараблъи, мун тохтурлъиялъул гIалимчи гурилан гьес дуда абичIеблъиги хIакъаб буго. Вугищха мун диналъул гIалимчи? Школалъул каникулаз нижеца кIиго моцIалда жаниб лъималазда малълъараб жо ва гьезда лъалеб бищун чара гьечIого бусурманчиясда лъазе кколел суалал дуда лъалел ратани, гьел дудаго лъалел рукIин бихьизабизе мун нижехъе вачIа, амма мун вачIунаревлъи, вачIаниги дуца гьел суалазе жаваб кьолареблъи нижеда якъинго лъала. Вац ГIабдурашид, мун лъаларевлъунги вукIун, гьеб дудаго лъай дуе гIемерго лъикIаб буго, лъаларевлъунги вукIун, дудаго мунго лъалевлъун вихьиядаса. Диналъул лъай бугев чи тохтурлъиялъул лъай бугев чигун, тохтурлъиялъул суалазулъ къацандизе бегьуларебго гIадин, тохтурлъиялъул лъай бугев чи диналъул суалазулъги къацандизе бегьуларо. Гьеб ккола гIакълуялъ тIалаб гьабулеб жо. Амма дуца кинабгожо цоцалъ жубазабулеб буго. Дида лъала мун лъикIав тохтур-специалист вукIиги, лъикIав оратор вукIинги, политик вукIинги, амма диналъулъ мун жагьилчи вуго, тохтурлъиялъулъ дун жагьилчи вугевго гIадин. Нилъ кIиялго гьелъие мукIуралги рукIине ккола. Гьединлъидал диниял ишазулъе мун лъугьинчIого чIани дуе лъикIаб буго. Диналъул ишазулъ мекъса ккарав чиясул абадияб тIалихI къола. Хьул буго вац ГIабдурашид, гьаб дица хъвараб жо дуца ракIбацIцIадго гьабураб насихIатлъун къабул гьабилилан.

"ХIакъикъат" газеталъул хIалтIухъабаздаги гьари буго, гьалда гьаб калам къокълъизабеян. "ХIакъикъат" газеталъул тираж 12 азарго батани, ДУМДалъул газеталъул 45 азарго буго. Нилъ цоцалъ дагIбадиялъ халкъалъе зарал гуреб жо кколаро. Цо-цо редакциялъул рахъалдасан хъван бачIуна, гьаб макъалаялъул жаваб авторас кьолилан абурал рагIаби. БитIараб буго, дунялалда гьелъул жаваб кьечIого борчIизе бегьула редакция, амма ахираталда цере рахъун чIарал къояз щибаб рагIул редакциялъул хIалтIухъабаз жаваб кьезе ккезе буго.

КъурамухIамад Рамазанов

 

Редакциялъул рахъалдасан

ХIурматияв КъурамухIамад-хIажи!

Гъибат-бугьтан гъорлъ бугел макъалаби рахъаралъухъ редакциялъул щивав  хIалтIухъанасе букIараб мунагь-хIакъалъул хIисаб-хIасилги гьабун, дуца бичIчIизабулеб буго «дунялалъул дагьал къояз щолел гъурщихъги хъулухъалъухъги, ахираталъул абадияб балагьги, гIазабги, гIакъубаги тIаде цIаге», - ян.

Мун божа, хIурматияв гIалим, гьел гъурщал ниже рухI хвасар гьабизе гIуралдаса тIокI щоларо. Цо хIужа:  цохIо жавабияв секретарь вуго нижер ахираб къого соналда жаниб живго бетIергьанаб транспорт - велосипед босизе кIварав чи. Цогидал «тIокIлъабазул» бицинаро. Иншааллагь, нижеда бахиллъизе кколеб хIалалда ватугеги щивго, гьездаго гъорлъ нужги.

Гьединлъидал, кьучI гьечIеб жо буго, гъибат-бугьтан гъорлъ бугеб материал газеталда лъей, гIарац – хъулухъалда бухьинаби. БатIияб жо – хIужа-хIакъикъат нижеда лъачIолъиялъул ва лъазабизе рес гьечIого букIиналъул хIасилалда газеталда гъалатI ккей, мекъаб пикру загьир гьаби. Гьебги, лъалеб букIун гьереси бицинги, авторасул намусалъул иш буго. Мекъабги тIекъабги газеталдасан къватIиб чIвазабизеги чIезабизеги бокьарасе рагIи нижеца кьурабго буго. Гьелда гьеб хабар тана. Гьеб гуро аслияб жо.

Хирияв вац, КъурамухIамад: ДУМДАлъ гьарурал лъикIал ишазул бицун дуца хъвалеб буго, исламиял институтал-мадрасаби рагьун гIолилазе тарбия-гIелму кьеялъулги, вагIзаби-насихIаталгун теле-радио передачаби гьариялъулги, бусурбабазда гьоркьоб маслихIаталъе хьвадиялъулги, гIелмиял мажлисал тIоритIиялъулги. Гьеб лъикI буго. Амма гIадамазул пикруялъе асар гьабиялъул гучаб алат хIисабалда диналъул масъалабиги ресалги чIахIиял руго: тIоцебесеб иргаялда рухIиябги адабиябги пасикълъиялъул къвалакьа гIалам бахъизе, бацIцIалъиялде, божилъиялде, лъикIлъиялде нух бихьизабизе, миллатал – халкъал цолъизаризе, гьудуллъи цIунизе.

Гьелъие квербакъи гьабизе хIадураб гуреб газета дуда дандчIвазе гьечIо. «Бугьтанал» лъолебилан дуца рикIкIунеб «Черновикалдаса» байбихьун. Пикру гьабе, гьеб газета, жиб бижараб къоялдаса нахъе къеркьолеб буго гIорцIи гьечIеб, хъантIараб тIалъигун, халкъалъул би гьекъолел къохьолъалкIачалгун. КъватIир чIвазаруна нахъе балагьун гурони цогидаз жидер цIар бахъуларел тIадегIанал хъулухъчагIи, чиновникал цIогьал. Рорхана республикаялъе цIикIкIараб кIварги, пайда, хайирги бугел суалал. Гьебго заманалда рухIиялги рухIаниялги . Амма нужеда хъинтIанщинаб жо диналдего данде чIараблъун къабул гьабизе ва ДУМДалда хIалтIулев цо дур диналъул вацас нижехъе бачIараб макъалаялда гIадин, жиндирго пикру загьир гьабурав чи хIапдолеб гьойлъун рикIкIине бегьуларо.

ХIурматияв, КъурамухIамад-хIажи. БитIараб бицани, гьаб бахIс байбихьаралдаса дун ургъулев вукIана, ахираталда гIодовиччан цо маслихIатаб, сабураб, гIакъилаб калам гьабизе рагIиги духъе кьун, гьеб гьелда лъугIизе телин. Гьедин ккечIо кигIан ккезе бокьун букIаниги. Амма хьулги божиги буго, хадубккун хъвалебги бицинебги нилъер гьеб даражаялъул букIиналда.

Категория: РЕЛИГИЯ и статьи на аварском | Добавил: saidov-ak (23.12.2007) | Автор: Курамагомед Рамазанов
Просмотров: 1179 | Рейтинг: 1.0/8 |
Всего комментариев: 0
Добавлять комментарии могут только зарегистрированные пользователи.
[ Регистрация | Вход ]
Copyright MyCorp © 2024
Создать бесплатный сайт с uCoz