Пятница, 29.03.2024, 16:47Читайте, комментируйте, спрашивайте.
Главная » Статьи » Актуальная тема

Джамахириялъул ахир
Зах1матаб, г1адлу биххараб заман решт1ана г1араб пачалихъазда. Шималияб Африкалде щвана хиса-басиязул къуватаб гьури. Г1емераз абулеб раг1ана ва гьеб абуралда божулелги рихьула – Бакът1ерхьул пачалихъаз, Америкалъ борханила гьеб гьури. Жакъаги нилъерго ц1ияб заманалъул тарихалъул пикру гьабидал, гьебго Бакът1ерхьул пачалихъаздагун Америкалда г1айиб ч1вай т1адаблъун бихьула цо-цо нилъераздаги. Борхилаандай хиса-басиялъул гьури, борхиялъе г1илла я Ливиялда, я Египеталда, я доб заманалда Совет Союзалда бук1инч1ебани! Миллат инжит гьаби, халкъалъул къадру г1одобег1ан гьаби ккола Гуржиялда, Украиналда ва цогидал пачалихъазда халкъ багъа-бачарун ккарал хиса-басиял цогидал пачалихъазда хурхинари ва гьезде т1ами. Г1араб пачалихъалда гьеб гьури борхизе дида лъалеб чамги х1ужа ва г1илла буго.
 
Т1оцебесеб: Жеги 30-ялдаса цик1к1ун сон цебе дида цадахъ Москваялда ц1алулел рук1ана г1емер г1арабал. Хасго Сириялдаса рук1ана БААС партиялъул нухмалъулезул лъимал, гьеб партиялъул г1олохъанал х1аракатчаг1и. Гьелгун цадахъ дагьалго рук1ана БААСалда жодор хурхен гьеч1ел, цох1о жодор бажариялдалъун, лъаялдалъун ц1ализе Москваялде нух бахъаралги. Т1оцебесеб тайпаялъул рук1ана ч1ух1арал, г1амал к1удиял, бечедал, гьебго заманалда ц1алиялъул к1удияб агъаз гьеч1ел. Гьезие стипендияги ц1ик1к1араб бук1ана, гьездехун бербалагьиги хасаб бук1ана. К1иабилеб тайпаялъулин абуни, г1одор риччарал, диниял, кутакалда ц1алуе к1вар кьолел, г1аданлъи ц1ик1к1арал. Гьез шурун бицунаан дида жодор пачалихъалда бугеб г1ассияб, т1олгоязда хадуб бугеб халкквей, БААСалъулаз мерхьулеб пачалихъалъул. Доб заманалда советияв чиясда раг1араб жо бук1инч1о Сириялда Асадил рагъул самолетаз Хама шагьар рахъуялде сверизабураб. Г1илла: Исламияб жамаг1аталъ Хама шагьаралда Асадида дандеч1ей байбихьун, гьеб жамаг1аталъул сиясиял т1алабал раккизе байбихьун. «Хама шагьар Асадица географиялдаса историялде бит1анилан аби буго нижер Сириялда»- бицулаан дида гьеб пашманаб лъугьа-бахъиналъул х1акъалъулъ дир гьудул Х1асаница. Цоги сириялъул чи аск1ов вугони - кинабг1аги калам Сириялъул х1акъалъулъ т1аг1улаан. Расул Х1амзатовасул коч1ол раг1абазулъ «Аллагьгун эбелилан» раг1идал, Х1асаница дида гьикъана: «Нужор гьаниб гьадинал, Аллагь рехсарал куч1дул ах1изе бегьулиш?». Сириялда г1енеккизецин бегьуларин, исламалда хурхараб я кеч1, я кинаб бугониги асар гьукъараб бугилан бицана гьудулас. Гьеб бук1ана 1976-79 соназда. Гьелго соназда нилъер Дагъистаналда, Ц1умада районалда г1урул раг1алда ругел т1ад рахун как базе бегьулелщинал гамч1ил къанал гъуризе т1амулел рук1ана таращмах1ал алкашал. Гьеб кампаниялъе нухмалъулелги рук1ана Америкалъулгун Израг1илалъул гурел, ц1умадисел коммунистазул бут1рул. (Гьаб бак1алда абич1ого рес гьеч1о, доб заманалъ гьел ганч1азде рагъ барав райкомалъул бет1ер Дингаев Расул, партиялъул хъулухъалдаса ун хаду Шаваялда г1ачивехьлъун х1алт1ана, ахиралда гьебго лъараг1лъиялда мажгиталда будунлъун вук1анилан раг1ана). Рихьулиш Асадидилги, нилъер коммунистазулги релъарал г1аламатал? Гьел г1аламаталин жакъаги нилъер коммунистазул хут1елалгун Башар Асадил гьудуллъи ц1унизе г1иллалъун кколел. Т1олго дунялалде ах1т1он гьарулеб буго Сириялъул Асадида дандеч1араз: «Гьабе кумек, тоге гьаб вах1шияб режималда гъоркь ниж!» абун. Нилъеразе «стабильность» къвариг1ун буго Сириялда. Нилъер пачалихъалъул к1удиял гьудулзабазул сиях1алда хасаб бак1алда рук1ана Саддам Х1усенгун Муаммар Каддафи, Мубаракгун Салих1 ва гьелгурел цогидалги «миллияб багъа-бачариялъул» бах1арзал. Т1олго гьел совет союзалъул гьудулзаби хут1ана г1араб пачалихъазе нухмалъулеллъун 30-40 соналдасаги ц1ик1к1ун.
 
К1иабилеб: Социалистияб джамахирия г1уц1улевин абун, цох1о жив бит1араб нухда, хут1аралщинал гьет1араб нухда рук1иналда 40 соналъ рак1ч1ун ч1ух1дарана Каддафи. Гьеб 40 соналъ Къуръаналда бащад гьабун бук1ана Каддафил «Г1урччинаб т1ехь». Имсул тахида вахана Башар Асад, аза-азар мисриял къват1ир рахъун нахъе аян гьараниги, инарилан чамго моц1алъ т1ирун ч1ана 30 ялдаса ц1ик1к1арал соназ бет1ерлъи гьабурав Мубарак. Нахъе ин халат бахъанаг1ан халкъалъул ццимги цик1к1ана, г1адлу-низамги биххана. Гьебго нухдасан унел руго Салих1гун Асад. Гьезул дандеч1ей халат бахъанаг1ан биги ц1ик1к1ине буго гьел пачалихъазда, гьел нахъе ун хаду, г1адлу-низамалде руссинги халат бихъине буго. Ахираб 20 соналда жани гьел г1араб пачалихъазул г1емер г1олохъаби ине ккана Бакът1ехьул Европалде, Америкалде, Россиялде. Аза-азар Ливиялъул, Тунисалъул, Сириялъул, Египеталъул г1арабазе Германиялда, Франциялда, Италиялда, Россиялда, Америкалда щвана т1адег1анаб лъай, гьениб гьезда бихьана бат1ияб г1умру, бич1ч1ана заманалда рекъараб ва инсанасе мустах1икъаб г1умру-яшав гьабизе кинаб бугониги джамахирия х1ажалъулареблъи, кинал ругониги мубаракал я каддафиял къвариг1унареблъи ва гьел бут1рул гьеч1огоги, гьезул «г1акъилаб» нухмалъи щвеч1ониги г1умругун яшав дунялалдаго гьезул ват1аналда бугелдаса г1емер лъик1 бук1ин, инсанасул ихтияралгун ресал ват1аналда ругелдаса г1емер т1адег1ан рук1ин.
 
Лъабабилеб г1илла: Рак1алде щола, 1991-92 соназда Г1иракъалде Саддамихъе ана Россиялъул вакил, жинда г1арабазул г1адатги, тарихги, маданиятги лъик1 лъалев, живго Х1усенги цевего лъалев Евгений Примаков. Гьес гьарана Х1усенида: «Рит1ухъал, рагьарал рищиялги лъазарун, те дуца бет1ерлъи, ричанте халкъалъ килиш бит1арал ц1иял г1адамал бет1ирлъиялдеги, пачалихъалъе нухмалъиялдеги, гьеб мехалда лъилниги дуда г1айиб бук1инаро ва Г1иракъалъул ракьалда рекъел хут1ила. Т1амуге дурго халкъ бидулаб дандеч1еялде!»- абун. Къабул гьабич1о Х1усеница. «Дица Америка бидулъ гъанкъизабила!» - абун, гьодорал х1инкъаби кьуна. Х1асил: Х1усен, катил т1инч1г1адин, царал карт1инисаги вахъун, къабих1 гьавун кварида вана, лъуг1и гьеч1еб ц1адулъе т1олго Г1иракъалъул халкъ ц1ана. Гьебго гьари ахирал моц1аз загьир гьабуна Каддафида. Къват1и рахъарал аза-азар жиндирго ракьцоязда тарщалин, гьабийин к1алъана, кинабг1аги маслиг1аталде ине пикру гьабич1о, биххулеб, бух1улеб, гъурулеб Ливиялъцин гьесие асар гьабич1о. Гьединабго т1алаб буго жакъа Сириялъул дандеч1аразул Асадидаги, Йеменалда Салих1идаги. Каддафи къуркьич1о, амма нажас-чороклъи чвахунел марщабазда вахчизе ккарав, гьенисан ц1ан вахъун къабих1 гьавун, вах1шияб х1алалда ч1вана. Абич1ого чара гьеч1еблъун рик1к1уна: кинаб мунагь-г1айиб Каддафида бук1ун батаниги, бегьуларо инсан додин къабих1 гьавизе, хасго асирлъуде вач1арав я восарав. «Дир би х1арам буго нужое, кьвагьуге! Нуж кколаро лъик1аб-квешаб борцунел ц1адираби, гьабуге х1арамаб иш!» - абун ах1т1олесда щвана досие ахир лъураб гула. Жаназа къабих1 гьабиялъ бергьенлъи босараб къукъа берцин гьабуларо, г1орхъолъа борч1араб рагъдаги гурх1ел=рах1му къвариг1уна. Асир гьавурав, лъукъарав Каддафи вихьидал рак1алде щвана доб кьог1аб 1999 соналъ асир гьавурав, вухун хъах1иллъарав, кверазда рахсал рарав, ракьалда вегарав ва ч1агояв дагъистаниясда чамго нухалъ тунк1ил хъундагъ кьабулев дагъистаналъул политик. Гьебги, т1олгоязда жиндирго «бах1арчилъи» бихьизе, телекамерабазда цебе!
 
Тунисалъул, Египеталъул бут1рузул г1акълу г1уна, зах1матгониги, нахъе ине. Тунисалда рищиял т1орит1ана, жеги киданиги бук1инч1еб х1аракатчилъи бихьизабуна тунисалъулаз рищиязда. (Баркала кьезе ккола Бен Г1алие, халат бахъич1ого, жиндир заманалъ пачалихъ тун т1урарав). Гьаригьунккун ракълил г1умруялде бач1ина пачалихъ. Амма Сириялъулгун Йеменалъулаз бет1ерлъудаса ине инкар гьабуна, т1олго халкъ гъурунги къираллъи кьеларо абун ч1ун руго. Жакъа Йеменалда нусазарго чи къват1ив вахъана Салих1ие наг1ана кьолаго, гьесие тамих1 т1алаб гьабун. Салих1ие гьелги тарщал, гьаби ратила, Каддафиего г1адин. Къойидаса къойиде х1алуцунеб буго Сириялда ах1вал-х1ал, ц1ик1к1унеб буго гьенибги «тарщазул» къадар. Президентасул, къираласул рахъ ккун къват1и рахъиялъул, гьел демонстрациябиг1уц1иялъул къаг1идаби, кин аза-азар чиновникал, х1укуматалъе мут1иг1ал чаг1и рак1арулел, нилъеда малъич1ого лъала ва Румыниялъул (1989 с), Ливиялъул мисалазда бихьана.
 
Анц1-анц1 соназ хисич1ого, жиндие бокьараб х1алалъ ва жиндие бокьаралъуб халкъги баччун нухмалъизе бегьула жакъаги. Амма гьелъие чара гьеч1еблъун ккола т1олго халкъ гьересиял маргьабаз кваназаби, Интернет т1убанго къай, телевидение, газетал цок1алаб пикруялда ч1езари, радиприемникалдсанцин къват1исан калам жанив вугесда раг1изе гьукъи, гьеб г1иллаялъ, Кореялдаго г1адин, гьел приемникал т1олгоязухъан, ярагъго г1адин, рахъи. Гьеб политикалъул х1асиллъун лъугьине кола 2-3-5 соналдаса т1олго халкъ, Шималияб Кореялдагог1адин, президент я хан живго Аллагьас жодое кьурав вук1иналда божи, цокьераб халкъ, цо мухъ гьабун президентасда сверхъ гъунки. (Мух1у нилъее Аллагьасго кьурав вугилан муфтияс хьул лъун бук1ана даимаб гъункиялде Дагъистан ах1изе. Гъункич1олъи муфтиясул г1айиб гуро). Гьеб къаг1идаялде рач1ани, кинабг1аги гьуриялъ квал-квал гьабуларо президентазегун ханзабазе. Гьединаб пачалихъалъул бищун т1адег1анаб къиматги ккола «стабильность». Гьеб раг1иги ккола нилъер нухмалъулезе гьаб ахираб 10 соналъ бищун хирияб ва къиматаб раг1и. Бук1инесеб Аллагьасда лъала.
Категория: Актуальная тема | Добавил: admin (27.10.2011) | Автор: Абдурашид Саидов
Просмотров: 969 | Рейтинг: 5.0/1 |
Всего комментариев: 0
Добавлять комментарии могут только зарегистрированные пользователи.
[ Регистрация | Вход ]
Copyright MyCorp © 2024
Создать бесплатный сайт с uCoz