Пятница, 26.04.2024, 20:48Читайте, комментируйте, спрашивайте.
Главная » Статьи » Мои статьи

Обществойиш унтараб, милицаялиш сахал?

Обществойиш унтараб, милицаялиш сахал?

 

(«Х1акъикъат», №237-240 6 абилеб декабрь 2007 сон , «Т1олабго общество унтун бугеб мехалда, милиция сахго бук1ине рес гьеч1о» - абураб МВД-ялъул министрасул заместитель Мух1амад Гъазимух1амадовасулгун гара-ч1вариялъе дандерижи,)
(этот же текст на русском и комментарии по ссылке http://saidov-ak.ucoz.ru/publ/1-1-0-51 )

 

Киналниги нилъер пачалихъалда лъугьунел хъубал, мекъал ишазе жиндир заманалда къокъаб ва бищун ах1макъаб жаваб кьуна цо Россиялъул обороналъул министрас: «Пачалихъго унтун бугеб заманалда, нижер кьеразде кисаха рач1инел сахал г1олохъаби?» - абураб. Гьелдаса нахъе гьеб ах1макъаб жаваб т1олго суалазе ярагьунеблъунги бихьун, такрар гьабизе г1амал гьабуна цо-цо чиновниказ, хасго форма рет1араз. Гьезда ккана т1олго унтабазде данде ч1олеб дарулъун, бокьараб нуц1а рагьулеб к1уллъун бугин гьеб жаваб абун. Амма гьеб жавабалъулъ ах1макълъи бихьуларесе дирго пикру загьир гьабизин.

Армиялдегун милициялде унел 18 сон барал г1олохъаби ккола рагъул ишазегун х1инкъи гьеч1олъи ц1униялъе х1адур гьаризе, куцазе унел г1олохъабилъун. «Х1абургъараб иццул х1абургъараб гурони лъим кинабха бук1инеб?» абуниги цого жо ккелаан гьеб. Нилъер суалазе жаваб кьолел х1акимзабазда т1олго пачалихъ унтарабин, х1абургъарабин кколеб бугелъул (лъица гьеб унти реч1ч1араб ва лъица лъим х1абургъинабураб – гьеб хасаб тема бугелъул, хъат1ич1ого ч1елин), гьебго къаг1идаялъ «Х1акъикъаталъул» мухбирасе жаваб кьолев МВД-ялъул министрасул заместитель Мух1амад Гъазимух1амадовасги абулеб буго «Т1олабго общество унтун бугеб мехалда, милиция сахго бук1ине рес гьеч1о» абун.  Ришват учителас босулеб бугила лъик1аб къимат лъезе г1оло («милицас кинха гьеб босич1ого тела?!» – абураб маг1на кколеб гьеч1ишха?), гьединав учителас тарбия кьурав ц1алдохъан кинавила милициялде вач1инев? Х1абургъараб иццухъа босараб лъим бац1ц1ине, хъублъи г1одобе ккезе кьолеб буго армиялда 2-3 моц1алдаса (сержантазулаб ц1али) 2 соналде щвезег1ан заман, рагъулал училищебаздагун милицазул школалда 4-5 сон. Гьебгошинаб заманалъги х1абургъин г1одоб кколареб, бац1ц1алъиялда шаклъи бугеб лъим нахъе т1е, гьудул, иццал г1езег1ан ругин дагъистаналда, гьезда гьоркьо дунялалдаго рац1ц1адалин рик1к1унел рук1аралги! Нужоца 4-5 соналъ ц1ализеги гьарун, щай, вац, х1абургъаралго, унтаралго г1олохъаби милицазул формаги рет1ун г1адамал талавур гьаризе къват1и риччалел? Школалда учителас лъик1аб къиматалъухъ ришват босулеб бугин абулев министрасул заместителас т1оцебе щай милицазул школалда ц1ализе иналъухъ ришват босулезул бицунареб? Школалъул учителасулги, милицазул школалде ккеялъухъ ришват босулесулги, унтарсухъа ришват босулев тохтурасулги  кверазде рахсал рай нужода т1адаб гуриш, вац, Мух1амад?

Х1урматияв Мух1амад Гъазимух1амадов! Нужор х1алт1ухъабазул жигаралдалъун районазда г1емер т1орит1улел руго «Иман щулалъизе г1оло» абун, «Ислам ц1унизе г1оло» абун жамаг1аталги рак1арун, диниял жамаг1атазда гьоркьоб унго-унгоги тушманлъи цик1к1инабулел, «шакаб»  г1амалалъул ц1иял «тушбаби» ралагьулел данделъаби. (Цо гьединаб данделъиялъул видеосурат дихъги буго). Нужоца, пачалихъалъул законалда рекъон х1алт1ич1ого,   г1амал гьабулеб буго шариг1атги цо-цо нужое данде кколеб х1алалъ х1алт1изабизе. (Жамаг1аталъул гьариялда рекъон г1олохъаби жани т1ами, жамаг1аталъул гьариялда рекъон цо-цоязда росу тезаби – киредай росу тезе ккарал инел – гьеб суалалъул нужое к1вар гьеч1о, кида-къадги гьел нужохъе я нужор гулликье кколеда нужор рак1ч1араб бугелъул). Динияб идарани щиб, т1олго нужор ОМОНалги СОБРалги данде ч1аниги дица къабул гьабиларо «Гьав устар довцоясдаса т1адег1анав вуго, гьасул г1елму досулалдаса мух1канаб буго», «Гьаз бицунелда г1ин т1амизе бегьуларо, доз малъарабг1адин ч1езе ккола», «Гьаб т1ехь ц1ализе бегьуларо, гьабцояб ц1ализе т1адаб буго» абураб пикру. Гьел бах1сазул г1антлъи ва жамаг1аталъе гьеч1еб пайдаялъул нужодагоцин кутакалда лъала нужода, амма гьелъул мурад нужор мурадгун рекъараб бук1иналъ, театр х1алел артисталин ккола дида нуж. Цониги гьединаб данделъиялда щайха гьенир г1ахьаллъулел нужораз г1алимзабазе суал кьолареб: Г1адлу ц1унизе тарав милицалъул х1алт1ухъан магъало бак1арулев, ришват босулев ватани, яги ришват чаг1азе тамих1 гьабуларев ва гьел рихьуларев вугони – шарг1алда рекъон гьесие кинаб тамих1 гьабизе кколеб? - абун. Г1унк1к1ал кколареб, хасго г1унк1к1алгун рак1гъун басандулеб кету рокъоб хьихьун пайда щиб, сверухъ г1унк1к1аз талавур гьабулеб маг1ишатги бук1ун? Такъсир чаг1игун багъизе тараб милиция гьелгун рекъонин абич1ониги, гьезул агъаз гьабич1ого, гьел рихьулареб ххвел гьабун х1алт1и халкъалъул божилъи бижизабулеб жодай кколеб? Бизнесменал, минстрзаби, директорзаби ц1унун ругел аза-азар милицалъул х1алт1ухъаби, – киса харж босун х1алт1улел ругел? Дуцаго бачунеб мисал – Англиялда, Алманиялда г1адамаз кумек гьабулила полициялъул х1алт1ухъабазе. Щайдай нилъер гьаниб гьабулареб? Нужохъе нуг1лъи гьабизе вач1ине ккей бугелъул х1ажат гьеч1еб, щивас жинцаго жиндаго т1аде босараб бот1рол унти. Дол дуца рехсарал пачалихъал ккола демократиял пачалихъал ва инсанасул ихтиярал пачалихъалъулалдаса т1адег1ан гьарурал пачалихъал. Гьеб г1иллаялъ доба нагагь-надир нуг1асул, я полициялъе кумек гьабизеян вач1арав чиясул адрес я ц1ар такъсирчаг1азда лъани, пачалихъалъ гьев чи ц1унизе к1вараб жигар бахъула, цоги бак1алда пачалихъалъ жив разияб мина-бак1 босун, х1алт1и кьун, ц1ар хисун, к1вараб х1алалъ гьев нуг1 вахчизавула такъсирчаг1аздаса. Гьес судалда цеве ч1ун нуг1лъи гьабизе кколаро, кканиги гьесие рес кьола гьумер бихьич1ого, жив щивали т1атине теч1ого судалъул ва адвокатазул суалазе жаваб кьезе. Гьесул ц1ар я адрес лъазе рес бук1унаро такъсирчиясул адвокатасецин. Нужоцайин абуни, цо делоялда букъула нуг1асул я г1арза хъварасул рукъалъул адресги, телефонги, нуг1ас кьурал баяналги. Гьесул лъимал ц1алулеб школалъулцин адрес батизе бегьула гьебго делоялда. Англиялдагун Алманиялда, Америкалда гьел баянал ц1унула унго-унгояб пачалихъалъул бищунго бахчараб балъголъиг1адин. Гьеб балъголъи т1атинабурав полициялъулав вук1а, прокурор вук1а – гьезие тамих1ги гьабула бищун кьварараб (выговор гуребха, х1алт1и т1адег1ан гьабун гуребха – 10-15 сон туснахъ!). Гьеле нужое г1адамазул кумек гьеч1олъиялъе цо г1илла. Гьеб кумекги нужое г1агараб заманалда щвей шакаб буго, щайин абуни, Россиялъул демократияб къаг1ида хасаб бугелъул, гьеб хаслъиги (суверенная демократия) ккола – инсан ва гьесул буголъи, гьесул напсалъул т1адег1анлъи ц1унизе бокьич1олъи, пачалихъалъул мурадал инсанасул мурадаздаса т1адег1ан гьари. «Пачалихъалъул» абураб раг1ул маг1наялдаги 10%-ниги пачалихъалъул мурадазул унаро, уна живго пачалихъалъул ц1аралдаса х1алт1улев чиновникасул мурад. Нужоца бусадасаги вахъинавун, «понятой» абун цеве ватарав чи вит1ана Х1ажиевасул къот1ноб минаялде гьужум гьабулелъул цеве-цеве, гьевги, мунагьал чурад, ч1вана. Лъица жаваб кьураб ч1варасул хъизам-лъималазе, эбел-имсуе? Ничоларелиш нуж г1адамаздаса кумек гьаризе?

Тохтур х1исабалда, жакъасел унтаразда дун ц1акъго гурх1ула. Х1урматияв Мух1амад! Мунго унтидал мун кинаб полклиникалде унев? Кинаб больнацалда вегулев мун я дур хъизам? Щай цого пачалихъалъул налогал кьолел чаг1азул рук1ине кколел бат1и-бат1иял больницаби – МВД-ялъул, ФСБ-ялъул, президентасул, Прокуратураялъул ва цогидалги? Доб нужое Антитерроралъул дарсалгун малъаби кьолеб Израг1илалъул гьеч1огуриш цониги больница я МВД-ялъул, я МОСАД-алъул? Гьеч1о дора депутатазул поликлиникаби, министрзабазул госпиталал. Гьебги гуродай дандеч1ей ц1ик1к1иналъе ругел г1иллабаздаса цояб? Антитерроралъул дарсазулги кин абич1ого телеб: 1-2 чи кверде восизе гуреб, ч1вазеялъе г1оло, гьебги чамги нухалда гьезул ц1аралцин лъач1ого (!), т1убараб минаялде, щут1алаяб подъездалде г1арадаби кьвагьун, танкал риччан, бух1ун-гъурун рахъу гьаби Израг1илалда ва нилъер гьаниб гурого цоги бак1алда бугодай гьединаб г1адат ва къаг1ида? Расниги г1айиб гьеч1ев чиясул мина рахъуялде сверизаби кинаб законалъ рит1ухъаблъун бихьизабулеб? Сон «Бит1ун рух1улел руго! Ч1вазе ккола, хъвезе ккола!» - абун ах1т1олел рук1аразеги рогьалил г1ужалда азбаралъуса чамги кьурабин танказ салам, г1едег1уге хъат кьабизе, гьединазулги васал т1аг1аралин, ургъелги къварилъиги азбаралъуб щведал гурони бич1ч1улареб г1ажаибаб унти бугин нилъ т1олгоязде щун.

Цо чамго раг1и абизин нужор гьениб бугеб г1адлу-низамалъулги. Риидал 2000-г1ан километраги тун, машиналда вач1уна дун Дагъистаналде. Дагъистаналъул г1орхъода щвей лъала милицазул г1амалалдаса. Исана ворч1ана дун цо капек г1ак1аялъул кьеч1ого. Амма гьеб бахъине киг1ан жигарха бук1араб! Цо мисал. Мах1ачхъалаялдаса маг1арухъе унаго Ленинкенталъул посталъулас дихъан документалги росун, т1илалъ бихьизабуна «Доб бак1алда лъе машина!» абун. «Доб бак1алде» дун ине ккани, машиналъ асфальталда бугеб хасаб мухъ къот1изе кколеб бук1ана, гьеб бук1ана г1адлу хвезаби. ДПС-алъул чияс абулеб бугелъул лъолеб бак1, дица малъараб гьабуна. Кинго ДПС-алъул чи аск1ов вач1унарого, дунго ине ккана гьесухъе. «Дуца г1адлу хвезабуна, гьаб мухъ къот1ун ине бегьулареблъи лъаларебиш дуда?». «Дица машина лъуна дуца т1илги бит1ун бихьизабураб бак1алда, дие хабар халат гьабуге ва дир документал дихъе кье!». Палх1асил, гьас дун вачана жиндирго х1ужраялъуве. «Мун дидаса к1удиявги вихьула, гьудулав чи, амма нижер гьаниб г1адат буго к1удияз гьит1иназеги кумек гьабулеб. Дица, дуцаго абухъе, хабар халат гьабич1ого, мунги г1едег1ун вихьулелъул, духъе документал кьела, амма дуцаги жаваб кьеха дие». Маг1на бич1ч1ич1еб ххвелги гьабун, росун документалгун дица г1амал гьабуна х1ужраялъуса къват1иве ине. «Ле, дуда дица щиб абураб?! Мун киве?!» - абун ах1т1арав гьасухъе дица бегьана «Московские новости» газеталда апрель моц1алъ бач1араб Дагъистаналъул МВД-ялъул х1акъалъулъ хъвараб дирго макъала ва гьасда абуна: «Киг1ан дун г1едег1ун вугониги, гьанже дургун бищун дагьабги 3 саг1ат бахъизе ккезехъин бихьула» - абун. Гьас макъала г1одо виччан ц1алана ва ахиралда к1удияб роххел загьир гьабун гьикъана: «Унго гьаб дуца хъвараб бугеб?». Ахиралда к1удияб баркала кьун, баччун квергун гьас дун машиналда аск1ове щвезавуна ва абуна: «Ле, вац, мун дида т1аса лъугьа. Нижеда т1ад лъураб жо нижеца щвезабизе ккола щибаб къоялъ, гурони пайда гьеч1еб бак1алде вит1ула х1алт1изе» - абун. («Пайда гьеч1еб бак1» бук1инариш цох1о харжалда балагьун хут1улеб бак1!). Гьелдаса нахъе щибаб ДПС-алъул посталда документалгун цадахъ дица щивасухъ кьолеб бук1ана добго макъалагун т1амач ( http://saidov-ak.ucoz.ru/publ/1-1-0-2 ). «Нух бит1аги, бихьинчи, баркала дуе!» - абун бачун квергун ДПС-алъулаз дунги рег1улев вук1ана. Чамги к1иабизе я лъабабизе дун постаздаса ине ккаралъув ч1езеги гьавун, аск1ор рач1ун ц1ехолаан: «Цоги бат1ияб жого гьеч1ебиш ц1ализе? Батани кье нижехъ, квердаса кверде ун т1олго нижераз ц1алулеб буго доб макъала! Цояс ксероксалдаса биччан 15 т1амач гьабуна долъул» - абун.

Щибаб посталда магъало бахъине гьабураб г1амалалъул бицун т1убараб т1ехь хъвазе бегьила.  Амма дир ццим бахъине чи гьезда гьоркьов ватич1о. Гьелде ккезарун ругел саламатал маг1арулазда, даргиязда, лъараг1азда, лезгиязда, тумазда дун гурх1ана.  Т1ад рехсараб, щай милицазе халкъалъ кумек гьабулареб абураб суалалъего г1адин, сахал, берцинал, иман-г1акълу щвезе эбел-имсуца жигар бахъарал г1олохъаби магъалочаг1азде сверизариялъулги пачалихъалъул система ккола г1айибияблъун.

Къиматазухъ г1арац босулел учительзабазул мисал бачинч1ого, Мух1амад, лъик1 бук1инаан дуца абурабани киг1ан г1арац кьезе кколеб капитанас майорасул ц1ва щвезе ккани, майорас – подполковникасул погонал щвезе бокьани ва лъие гьеб г1арац кьезе кколеб? Дуда лъазе ккелаан гьеб кьураб г1арацалъул лъихъе киг1ан щолебги, кин бугониги, ц1ех-рех гьабиги нужор профессиналияб т1адаб иш кколелъул.

Ахиралдаги, унтараб обществоялъулги, сахаб гуреб бет1ерлъиялъулги абизин, г1айиб ч1ваге, кин буониги дун тохтур вугелъул. Х1ат1ал я кверал мекъго хьвадулел ругони я гьез хьвадизе инкар гьабулеб бугони, т1оцебе бет1ералъул хал гьабизе ккола, бет1ералде би ккани (кровоизлияние в мозг, инсульт), кверазгун х1ат1аз х1алт1изе инкар гьабулелъул. Гьединлъидал, кверазе дару гьаби, х1ат1ал сах гьаризе г1амал гьаби ккола г1ададисеб  иш ва мекъаб нух. Бет1ералъе дару гьабич1они, иш лъик1алде бач1унаро. Нужор (милицазул) бот1рол унти баккун цоги к1игоги сон инч1о, нужоца бет1ералъе дару гьабич1ого, х1ат1азе, х1ат1ил килщазе сабаб ц1ехолеб буго. Кициги бугелъул: «Чуг1а бет1ералдаса мах1цула» абураб. Рак1алде ккола дуда бич1ч1илин, республикалъул унтиялъул т1абиг1ат ва г1илла. Амма нужор бет1ер бищун махщелт1ок1авин ва бищун бах1арчиявин ч1ун вуго пачалихъалъул бет1ер… Киналаб бет1ералъе дару гьабилеб - ц1алдолезниги г1акълу кьезе батила.

Цоги, Мух1амад, гьереси бицине бегьуларо, хасго рекъоларо гьереси пачалихъалъул хъулухъалда вугев чиясул к1алдиб. Нужоца цин абулеб бук1ана дол хъачагъазда гьоркьойила лъавукъал, иман-адаб т1аг1арал, кинабг1аги лъай щвеч1ел вахьнамах1ал чаг1и ругилан. Хадуб нужорго х1алт1ухъанас кьураб баяналда рекъон, дозда гьоркьо г1елмабазул кандидаталгицин ратана, лъайги бугел, маг1ишаталъул рахъалъги мискиналин абизе бегьуларел хъизамаздаса г1олохъаби ругилан абуна. Ай, институталгун университет реххун тунги рохьазде арал ругилан бицана. Гьел институтаздагун университетазда лъай кьеялъул къаг1ида къабул гьабич1ого гуродай дол рохьазде арал? «Дие дур лъаялъул к1вар гьеч1о, зачет къвариг1ун батани - г1арац бак1аре т1олго группаялъ» абулеб бугони, рохьазде инги бит1арабин абизе к1веларо, амма щибдай гьабила г1олохъабаз? Цояв гьединав ц1аг1адав маг1арул г1олилав, университеталда бугеб къаг1ида кьог1лъун, рохьазде инч1ого, Америкалде аравги ватана дида Вашингтоналда. Гьевги кутакалда иманги бугев, щибаб соналъ довасан х1ежалдеги унев, как-диналда т1адги ч1арав. Гьал киналго рехсарал г1узраби рищияз хисилин абун хьулазда ругезда рищиязги бихьизабуна бихьизабулеб жо. Ц1огьги, ришватчилъиги, цоял гъарабшлъиялде ккей, цойгидал х1арамаб хинк1алъ миллионераллъун лъугьиги, доллар бортунеб бугониги зодире канц1ун рорхулел багьабиги  беразда бихьулаго, кинаб дандеч1ей г1олохъабаз гьабизе бегьулеб ва кинаб нух гьез т1аса бищизе кколеб – гьел суалазда т1ад щай терроризмалъул кьалбал ц1ехолел ургъуларел? Ришватчилъи дагьлъилин хьул бук1ана Дагъистаналъул президентлъун Мух1у вач1иналда бан. Амма ришватчаг1аз «Гьанже гьеб суал Мух1уца ц1акъго зах1малъизабун буго!» абун, 2-3 нухалъ ц1ик1к1инабуна босулеб ришваталъул къадар. Масала, дида лъала исана медакадемиялде 20 азарго долларги кьун яс лъурав «мискинав» маг1арулав. МВД-ялъ абила дида: «Щайха гьев нижехъе вач1инч1ев? Щай нижеда лъазабич1еб?». Гьеб суалги буго вахьначаг1азе кьолеб: гьеб унти т1аг1инабиялъул къаг1идаби нужода лъалел ратич1они, гьикъе Италиялъул, Испаниялъул коррупицялде данде рагъулезда, гьез къокъаб заманалда ришват кьолезул кумек гьеч1ого кьалбалъанго бакъвазабунин коррупциялъул 90%. Гьелъие къвариг1уна унго-унгояб демократиялда рекъон г1уц1араб пачалихъ, рак1бац1ц1адал, рагьарал, макру-х1иллаялдаса ц1унарал эркенал рищиял ва халкъалъул божилъи бугеб х1укумат.

Бит1араб буго Мух1амад Гъазимух1амадовас байбихьудаго абулеб: «Хадубккунги иш гьадин бугони, терроризм киданиги лъуг1изе гьеч1о». Гьеб бит1араб жавабалъго бихьулеб буго т1адагьаб пикруялъул чи гьев гуреблъи. Демократияб къаг1идаялъ хиса-баси ккеялъе к1удияб зани лъуна арал рищияз. Нилъер халкъалъул 92%-лъе жакъасеб ах1вал-х1ал халкъ разияб, т1ок1аб гьеч1ебг1адаб лъик1аб буго. Хасго Хьаргаби районалъулазе (99%), Унсоколосезе (99,5%). Нухмалъулезда бич1ч1унареб жо буго: г1адамал махсарода ккун бук1а, макру гьабун бук1а, х1инкъабигун буюрухъ  кьун, я зулму гьабун, рищиялъул х1асилал халкъалъул пикруялдаса рик1к1ад гьарунаг1ан, пачалихъалда жани х1алуцин цик1к1ине буго, терроризмалъе ц1ия-ц1иял нухал рагьизе руго. Амма гьересиял рищиязе мустах1икъаб жаваб кьуна Украиналдагун Гуржиялда.  Нилъин абуни, 70 соналъ «Ч1ахъаги КПСС!» абун арабго г1адин, гьанже гьедиг1анго заманалъ «Ч1ахъаги Путин!» абун церехун ина. Церехуниш, нахъехуниш нилъеда кват1унгурони бич1ч1унареблъиги цо нухалъ гурелъул загьирлъараб. Ленинги вук1инч1евишха хун хадуги даим ч1аго гьавун? Путинги вук1ина нахъе аниги даим нилъгун хут1изесев.

 

Г1абдурашид Саг1идов

 



Источник: http://"Истина" 6 декабря 2007 г
Категория: Мои статьи | Добавил: saidov-ak (20.12.2007) | Автор: Абдурашид
Просмотров: 1745 | Комментарии: 1 | Рейтинг: 5.0/7 |
Всего комментариев: 1
1 saidov-ak  
0
"Вы же еще критикуете милицию. Не смейте. Вы доиграетесь, что от этого селения мокрое место останется" - из выступления президента Дагестана Муху Алиева.

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные пользователи.
[ Регистрация | Вход ]
Copyright MyCorp © 2024
Создать бесплатный сайт с uCoz